Суфичи хиянатчи сочинение на аварском языке

Обновлено: 05.07.2024

Дарсие къвариг1уна: хасалил суратал, т I ехь ( компьютер) ИКТ х IалтIизабила.

Дарсил план:

1. Дарсиде хIадурлъи.

3. ХIарпал такрар гьари.

4. Ц1ияб материал

а) цеберагIи ИКТ

5. Словарияб х1алтIи гьаби.

6. Учителалъул ц1али.

7. Лъималазул ц1али.

8. ЦIияб материал щула гьаби.

9. БицанкIаби кьела ч1вазе.

10. Физминутка гьабила.

11. Дарсил х1асил гьабила.

12. Къиматал лъела.

13. Рокъобе х1алт I и.

1. Дарсиде хIадурлъи.

Лъ, т1, ч1, г1, ц1, к1, кь, къ, xl , хь, хъ, гъ,гь.

Лъималазул ц1али гьабила. гьум 128. Мивурмавуралъе нужеца кинаб къимат кьолеб? Гьелъ г1анк1уги т1анч1иги кин хвасар гьарурал? Г1анк1уги т1анчIиги рук1ана бакъалда. Гьеб кинаб лъаг1алил заман кколеб? Рии.

Цоги кинал лъаг1алил заманаби нужеда лъалел?

Хасел, их, рии, хасалихълъи.

Нужее, лъимал, кинаб лъаг1алил заман бищунго бокьулеб?

Щай бокьулеб? (лъим-зул жаваб)

Лъимал, гьеб хасалил х1акъалъулъ бицине буго нилъеца жакъасеб дарсида.

Берзул алатал рук1ина доскаялда ран.

Хасалил моц1ал кинал кколел?

Декабрь, январь, февраль.

Хасалил куч I дул кинал лъалел нужеда?

Хасалил т1абиг1ат нужеда цебе кин ч1ун бук I унеб?

(ИКТялдасан рихьизарила ва предложениял г IуцIила ).

Хасало, лъимал, ц1акъго ц1орон бук1уна.

Т I олго сверухълъиялда кинабго жо хъах I лъун бук1уна. Х1ули г1адаб г1азуца рахчизарун рук1уна гъут1бузул г I аркьалаби, рукъзазул т1охал, муг1рул, свердулеб бук1уна хасалил ц1орораб гьури, лъеда т1ад ц1ер ч1ван бук1уна.

Хасалил праздникал. (ИКТ)

Ц I ияб сон, байрам. Баркула нужеда киназдаго 2018 ц1ияб сон! Нужее кинаб праздник бокьулеб?

Лъималазул жаваб т I алаб гьабила.

Исанасеб ц1ияб сон буго гьойдул. Заманги бицунеб к I их I ат I илаб саг I ат. (Х1елеко)

Хасало г1адамал (ИКТ)

Г I адамаз хасало рет1уна хинаб рет1ел. Рукъзабахъ пучдул ракун хинлъи гьабула. Хасалил ц I ороялъукьа г I адамал х I инкъуларо. Г I азугун расандула, ц I орода т I ад хъещт1ола. Г1азул бат1и-бат1иял жал гьарула. Ц I ер лъугьинабун г1азул машинаби гьарула, минаби гьарула, нужеда, лъимал, телевизоралдасаги рихьун ратила.

Хасало х I анч I и (ИКТ)

Нилъер анир хасало кина-кинал х I анч1и рук1унел, лъимал?

Къудкул, маккал, гъудул, гъот1орк1аби, чаргъеду. Хасало х I анч1азе кваназе жо дагьлъула. Гьединлъидал, х I анч I и нилъер рукъзабазде аск1оре жидеего кваназе жо балагьизе рач1унел. Нужеца, лъимал, гьезие бакъараб чед кьун, кормушкаби гьарун, гъот1ода скворечникал ран, xla нчIи ц1унизе ккола. X I a нчIи нилъер гьудулзаби ккола. Х I анч1и гьеч1они нилъее пихъ кваназе щоларо, щайин абуни, х1анч1аз гъут I бузда балеб х I апараби кванала.

Хасало х1айванал (ИКТ)

Хасало рукъалъул х1айванал рук I уна хинал бокьор. Г I адамаз раг I и-херги х1адур гьабун гьезул кумекалдалъун бет1ер бахъи гьабулел. Г I алхул х1айваназ жидецаго бет1ербахъи гьабула. Хасало г I алхул х1айванал ратизе к1ола г1аздада т1ад гьарурал лъалк1азухъ балагьун. Хаселалъ кьижун кинаб х1айван бук1унеб? Ци бук1уна. Гьелъул нахърател буго жиндирго кьаралъи. Г1анк1ица жиндирго хъах1аб рет1ел рет1уна т1ад.

Дарсида физминутка гьабила.

Цо абидал эхеде, рорхе кверал киназго.

Ай лазат, вай лазат, гьай лазат.

Свак чучизе, черх бит I и зе,

чундул г I адин, сах рук1ине.

Ай лазат, вай лазат, гьай лазат.

Свак чучана, черх бит1ана.

Чундул г I адин сах рук1ина.

Ай лазат, вай лазат, гьай лазат.

Словарияб х1алт1и ( доскаялда хъвала.)

Гьев гьавуна Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ. Гьес лъималазе хъвана г I емерал куч I дул ва харбал. А.С.Пушкиница хъварал куч1дул ва харбал ц1аланищ ножое учительницаялъ? Гьев вугоха г I урусазул поэт. Р.Х I амзатов ккола маг I арулазул поэт. (т I ахьазул выставка бук1ина доскаялда лъун). Жеги нуж к1удиял г1уралг1ан лъала ножода жеги ц I и к I к I ун Р.Х1амзатовасул х1акъалъулъ. Нилъеца дарсида рик1к1уна гьес хъвараб кеч I , физминутка гьабун.

Щуго килищ, цох1о квер.

Босе, гьудул, босе гьаб.

Щуго килищ, цох1о зар.

Босе тушман, босе гьаб.

Учителалъул ц1али гьабила.

Лъималазул ц1али гьабила.

1. paxac гьабун ц1алила.

2. учительницагун цадахъ ц1алила.

Гьури бахъараб заманалда лъималазул кинаб х1ал бук1араб? Гьаб коч1олъ хасалил гьури релълъинабун буго квелъ бахъун биччараб юргъачуялда. Лъимал, нуж х1инкъулищ хасалил гьородаса?

Бицанк1аби кьела ч1вазе.

1. Авлахъалда рет1араб хъах1аб буртина?(г1азу)

2. Къот1ноб мег1ерлъун бук1унеб, рокъоб жаниб х1орлъун лъугьунеб жо щиб? (г1азу)

3. Т I охдаса гъоркье далараб ц1ц1ел мегеж щиб? (ц1унк1улук1.)

4. Риидал кьарияб, (хасало) кьиндал х1алакъаб? (гъвет I )

Ц1ияб даре щула гьаби.

Лъималаз хасалиде гьарурал куч1дул рик1к1ина.

Г I а здаца лъимал, ракьуе хинлъиги регьелги кьола. Хасало нуж квачазе ч1езе бегьуларо. Т I ад хинаб рет1ел рет1ине ккола. Хасел, г1азу абураб раг I абиги гьоркьоре ккезарун предложениял хъвазе кьела тетрадазда. Слогазде бикьун хъвазе кьела ха-сел, г1а-зу.

Дарсил х I асил гьабила.

1. Жакъасеб даре бокьанищ, лъимал, нужее?

2. Сундул х1акъалъулъ нилъеца жакъасеб дарсида бицараб? Хасалил х1акъалъулъ.

Пайда босичIого тараб бечелъи

МагIарухъ гIезегIан руго даруялги минералиялги иццал

Кавказалда цониги гьечIо Дагъистан гIадинаб гьава-бакъги рекъараб, чIахI-хералдалъунги рухIчIаголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб тIабигIаталъул бакI. Субтропиказдаса байбихьун, даим гIаздаца рацарал цIорол мугIрузде щвезегIан тIабигIаталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун гIуцIарал гIадал мугIрул-щобал, гIедерал лъаралгин гIорал, рикIкIен гIемерал хIорал - сахаватго кьун руго БетIергьанас Дагъистаналъул ракьалъе. Гьелде тIадеги, нилъер гьанир руго такрарлъи гьечIел тарихиялгун тIабигIиял памятникалги. Гьеб баракаталда гьоркьоб хасаб бакI ккола республикаялъул ракьалда ругел минералиял иццазги лъиназги. ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехазда бихьизабулеб буго Дагъистаналда лъабнусгогIан минералияб ицц бугилан. ГIелмуялъ чIезабун буго мугIрул лъугьин, гIуцIи (неоконченный процесс горообразования) лъугIун гьечIел бакIазда (тIолабго Кавказалъул мугIрул гьединал руго) ракьул гъварилъабазда лъугьунел ругел багъа-бачариязул хIасилалда лъугьарал ракьул кьватIелазухъа къватIире рачIунел ругин бухIарал ва цIорорал лъинал. Нухда гьелъ цадахъ босун бачIунеб буго инсанасул сахлъиялъе пайдаял микроэлементал.
Радон, йод, бром, чIабатI, водород гьоркьоб бугел гьел лъинал хIалтIизарула лага-черхалъул, ургьимесалъул, тIомол, чехь-бакьалъул гIузраби сах гьариялъе.

МагIарухъ минералиял иццал



ГIажаибаб къисматалъул чи вукIана Ражаб ДинмухIамаев – жамгIияв хIаракатчи,хъвадарухъан, рагъухъан, патриот, бахIарчи. Революциялда хадусеб авар литератураялда гьес хъвана тIоцересел прозаялъул асарал, хIалбихьана драматургиялъул асарал гIуцIизе, гIахьаллъи гьабулаан литература цебетIезабиялда хурхарал киналго ишазулъ. Абизе ккола, Ражабил творчество ва гIумруялъул нух жеги рагIа-ракьанде щун лъазабун гьечIин. Гьелъие цо гIиллалъун рикIкIине бегьула нилъер Хъвадарухъабазул союзалъ гъесде кколеб кIвар кьечIолъи, кьезе мустахIикъаб бугониги. Исана март моцIалда хъвадарухъанас нусго сон тIубала, тIаде щолеб буго фашизмалда тIад Бергьенлъи босун 60 сон тIубаялъул байрамги.

Ражаб гьавуна 1905 соналъ Лаваша районалъул Урма росолъ мискинав векьарухъанасул хъизамалда. Гьесул лъимерлъи захIматаб букIана. Эмен, чиги чIван апараглъун вахъун, гьесда цадахъ ункъо сон барав васги гIурус ракьалде къокъине ккола. Гьел рукIуна Орловадда, Тулаялда, хадуб Петербургалда. 14 сон барав васгун унти ккарав ДинмухIама тIад вуссана анцIго соналдасан. КватIичIого гьев хола, гIемер мех иналде эбел унтула. Ражаб къисматалъ вачуна партизаназул отрядалде. Совет власталъе гIоло гьарулел рагъазул гIахьалчилъун лъугьуна. ГьитIинав гIолохъанчияс намус бацIцIадго тIуралаан партизаназул тIадкъаял.

ГIалица гIемер пикру гьабулаан щай гьаб гIумру цоязе гьадигIан захIматаб бугеб, цогиязейин абуни кепаб, аваданаб бугебилан. Мискиназ гьабун, бечедаз кунеб кинаб гIадат гьаб?! Гьесда жаваб батулеб букIинчIо, бечедаздехун рокьукълъи цIикIкIунеб букIана. Цо нухалъ хуриса рокъове вачIунев вукIаго, ГIали Пайзулагьица хIакъир гьавула. Жавабалъе ГIалица Пайзулагь вухула. Гьелдаса хадуб магIишат гьабизе ГIали батагъалде ккола. Гьениб Пайзулагьица рецIел босизе гъоркьан тIамурал чагIаз рекIкI гьабун цIогь тIад чIезабун туснахъалда тIамуна ГIали. Туснахъалда революционер Акайилгун лъай-хъвай ккола. Акайидасан ГIалида гIемераб жо лъала революциялъулаб хIаракатчилъиялъул хIакъальулъ.

Туснахъалдаса ворчIун хадуб ГIалие ралъдалъ гъанкъулей йикIарай яс хвасар гьаюралъухъ гIемераб гIарац щола. Гьеб гIарац башдаб Акайихъе ккезабула, хутIараб жиндирго магIишаталда хурхинабула.

Щвараб лъайги, гIумруялъул хIалбихьиги ГIалица хIалтIизабула росдал гIумру хисизабизе. Граждан рагъ байбихьараб мехалъ гьев партизаназда цадахъ вагы.зе уна. Гьеб бакIалда ГIалил гIумруялъул хIакъалъулъ бицен лт VгIула. Аслияв геройлъун лъугц а рагьтIател МухIама. Гьев вищу Iа росдал бегавуллъун. Росулъе бг дал рачIараб мехалъ мискинзаI,зул рагъуе бетIерлъи гьабула МухIамаца. Бандаз росу ккураб меха..да, гьев жиндирго отрядги бачун гьезде данде вагъизе уна. Ахирги бергьенлъи босула багIарал партизаназ. Гьединаб буго романалъул къокъаб хIасил. Романалда кьун руго гIемерал лъугьа-бахъинал. Амма абизе ккола гьел лъугьа-бахъинал, гIемерал гIадамазул гIумрудул нухал, къисматал цо рахънире ккезаризе тIубан кIун гьечIин. ТIоцебесеб хIалбихьи хIисабалда роман загIипаб букIана. Гьеб хъван буго дагьаб чIамучIго, халат бахъинабун. Ражабил тIехьалда рихьизарурал гIадамазул пикраби, хьулал жеги мукъсанал руго. ГIемерисел бакIазда гьел рихьизарун руго маргьабазул бахIарзал гIадин. Гьез цебе чIараб захIматаб масъала бигьаго тIубала.

Дол соназ Ражабил роман гIадамаз цIалулаан, гьоркьоблъун данд балаан. Масала, гьелъул хIакъалъулъ 1935 соналъ Аварпедучилищеялда цIалдолезул конференция ахIун букIана. Гьелдаса нахъе автор романалда тIад гIемер хIалтIана, гьеб къачIа-кIатIалаго, мисал босулеб букIана гIурус литератураяддасан.

Нилъее кIудияб кIвар буго ДинмухIамаевасул тIехьалъул хIакъалъулъ гIурусазул хъвадарухъан Лев Пасынковасул букIараб пикруялъул. 30-абилел соназда Пасынков Дагъистаналде вачIун вукIана. Гьев лъугьана Ражабил гьудуллъун.

Москваялдаса Пасынковас хъвалеб букIана:

– Кибха бугеб хадусеб? Дур ДинмухIамаев битIахъего гIолохъанав Толстой вуго!

Ражаб вукIана кIудияв патриот, литератураялда гIуцIарал бахIарчиял героязул иш гьес жиндицаго гIумруялда такрар гьабула. (С.27) Тифлисалда офицерзабазул школаги лъугIизабун, гьев 1943 соналъ рагьде уна. МахIачIъалаялъул вокзалалда гьев тIовитIулел рукIана ХIамид Темирханов – машгьурав переводчик, Шигьабудин МикагIилов – кIудияв гIалимчи, МухIамад Хуршилов – хъвадарухъан, гIагарал-божаралги. Рагьдаса гьев тIадвуссинчIо, тIад вуссиналда божарав вукIаниги.

Аварский язык

Хасел буго г1ажаибаб соналъул заман. Дие бокьула къват1иб квачараб гьава-бакъ ва балеб г1азу. Гордазда т1ад раккулел г1ажаибал суртал. Кибго сверухълъи хъах1лъараб мехалъ рак1алде ккола маргьулъ ругила. Хасало бегьула хъешт1езе чангъазда, лыжазда, х1азе г1азу реч1ч1и ва гьабизе г1азул чи.

Зима - волшебное время года. Мне нравится, когда на улице ясная морозная погода и падает снег. На окнах появляются причудливые рисунки. Когда все вокруг становится белым, кажется, что ты попал в зимнюю сказку. Зимой можно кататься на санках, лыжах, играть в снежки и лепить снеговиков.

Хасало квачан бугеб мехалъ бокьуларо къват1ире рахъине рокъоса. Ва амма г1азу бараб къват1ахъа хьвадулеб мехалъ ва г1азу х1ат1икь къерщолеб мехалъ, рак1 боххун бук1уна! Гьединаб гьава бугеб мехалъ цо бак1алда ч1ун рук1ине бегьуларо. Рилълъани, рекерани, чангъазда хъешт1ани квачаларо!

Когда зимой на улице сильный мороз, то сначала даже не хочется выходить из дома. Однако когда идешь по заснеженной улице, а снег под ногами весело скрипит, на сердце становится так радостно! Главное в такую погоду - не стоять долго на одном месте. Когда двигаешься - ходишь, бегаешь, катаешься на санках - замерзнуть невозможно!

Январалъ нижеца т1обит1ула бищунго г1ажаибаб байрам – Ц1ияб сон. Гьеб заманалъ рак1арула кинабго г1агарлъи ва гьудулзаби, а эбелалъ гьабула гьуинаб квен. Дие бокьула гьеб байрамалъул заманалда гордода рук1унел кьер-кьерал къаполел чирхъал. Бищунго бокьулеб ц1ияб соналъул байрамазда – кьолелги щолелги сайгъатал. Цебе дун божулаан гьел кьолилан Ц1орол Дадаца ва хъвалаан гьесухъе каргътал. Амма эбел-инсухъа сайгъат щвейги лъик1 бук1уна.

В январе мы отмечаем самый интересный праздник - Новый год. В это время собираются все близкие и друзья, а мама готовит вкусные блюда. Мне нравится, когда во время зимних праздников в окнах всех квартир мигают разноцветные лампочки. Самое приятное в новогодних праздниках - дарить и получать подарки. Раньше я верила, что их приносит Дед Мороз, и писала ему письма. Однако и получать подарки от родителей очень интересно!

Хаселалъ нилъее кьола г1емераб берцинлъиги роххелги. Квачалъухъ балагьич1ого бегьула заман инабизе пайдагун сахлъиялъе, ва к1вар буссинабизе нилъер г1агарлъиялде. К1очене бегьуларо хасел абадияб гьеч1еблъи ва кват1ич1ого бач1уна хинаб х1еренаб их.

Зима дарит нам много красоты и веселья. Несмотря на холода, можно проводить время с пользой для здоровья, а также больше внимания уделить своим близким людям. А, кроме того, стоит помнить, что зима не вечна и скоро придет теплая, нежная весна.

(Примечание. Данный текст служит только образовательным целям для изучающих аварский язык, и мы не призываем отмечать новый год, который не относится к исламу).

Читайте также: