Аварская литература 5 класс план урока ганч1ил вас

Обновлено: 02.07.2024

Дагестанцы-прирожденные патриоты, горячо любящие свою Родину-Страну гор.

Дагестанцы никогда не теряли свободолюбивого духа предков и чувства горячей любви к Родине. Дагестан славится своими героями. Дагестанцы на примерах своих героев воспитывают подрастающее поколение.

Цели и задачи курса: развитие у учащихся чувства патриотизма, гордости за свою Родину и за е героев; воспитание уважительного отношения к истории и культуре своего народа; формирование национального самосознания и активной жизненной позиции через обогащение словарного запаса и развитие устной и письменной родной (аварской) речи учащихся.

Аслияб мурад: Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ куцай ват1аналъе г1оло рух1 кьурал ва кьезе х1адурал бах1аразул мисалаздалъун.

Тема 1

- Ват1ан ! Ват1ан!- ан ах1арабила зазида х1анч1ица. Авалияб гара- ч1вари.

Ват1ан г1адамасе гуребги рух1-ч1аголъиялъеги хирияб зазилъ гьеб батаниги.

Тема 2

Маг1арулазул къвак1и, Ват1аналъе г1оло рух1 бичизе х1адурал рук1ин гьит1инав васасул мисалдалъун бихьизаби. Залимав талавурчиясда т1ад васас рух1ияб бергьенлъи боси.

Практикияб х1алт1и: текст ролазде бикьун ц1али.

Тема 3

Практикияб х1алт1и: фонохрестоматиялъул г1енеккун хадуб, инсценировка гьаби.

Тема 4

Тарихияб бян. Тарихияб коч1ол мац1. Дагъистаналъул халкъазул гъунки ва бах1арчилъи. Художниказул суратазухъ ва слайдазухъ балагьун гара-ч1вари.

Тема 5

Имам Шамил. 3 саг1ат

Практикияб х1алт1и: Имам Шамилил фондалде экскурсия.

Тема 6

Мах1ач Дахадаев. 2 саг1ат

Тарихияб баян. Ц1алила гьесул х1акъалъулъ. Мах1ачил сипат-сурат.

Практикияб х1алт1и: экскурсия гьесул памятникалъухъе.

Тема 7 2 саг1ат

К1удияб Ват1анияб рагъул бах1арзал: М.Х1ажиев, М.Х1амзатов, С.Г1алиев , С.Мусаев, М.Г1абдулманапов ….. Гьезул х1акъалъулъ куч1дул

Пасих1го ц1али ва пасих1го рик1и. К1удияб Ват1анияб рагъ лъуг1ун 70 сон т1убай.

Практикияб х1алт1и: инсценировка.

Тема 8 2 саг1ат

Тема 9 2 саг1ат

1999 соналъ Ват1анлъе рух1 кьурал бах1арзал.

Лъугьабахъиналъул баян. Кинофильм.

Тема 10 2 саг1ат

Халкъиял бах1арал: Булач Х1ажиев, Т1айгиб Т1олбоев.Халкъиял художникал, артистал, коч1охъаби, ват1ан т1егьазабизе рух1ала барах щич1ел г1адамал.

Тема 11

Маг1арулазул тарих. К1удияв Г1уммахан. 2 саг1ат

Ват1аналъул ва бах1арчилъилъул х1акъалъулъ кицаби.

Ват1ан хириясе хвел бук1унаро.

Ват1ан гьеч1ев чи – чед гьеч1еб таргьа.

Бах1арчияс бадибе абула, х1алихьат нахъасан к1алъала.

Бах1арчилъиги намусги – к1иябго цадахъ бук1унеб, цоябниги билани, хадуб цоябги унеб.

Тема 12

Г1абдурах1ман Даниялов, Мух1амад Юсупов ,Мух1у Г1алиев, Рамазан Г1абдулат1ипов –дагъистаналъе бет1ерлъи гьабурал маг1арулал.

Гьезул х1акъалъулъ кинофильмал рихьизарила.

Тема 13 1 саг1ат

Бах1арзазул х1акъалъулъ куч1дул. Халкъиял авар адабияталъул ва гьанже заманалъул хъвадарухъабазул.

Практикияб х1алт1и: пасих1го ц1алулезул къец.

Тема 14 2 саг1ат

Ват1алъул х1акъалъулъ асарал (Р. Х1амзатов, Ф. Г1алиева, М. Гъайирбегова ва г ь.ц.)

Тема 15 2 саг1ат

Ниж ч1ух1араб Ват1ан – Дагъистан. Дагъистаналъул тарихияб баян. Кинофильмал. Маг1арулал.

Тема 16 2 саг1ат

Тема 17 2 саг1ат

Свидетельство и скидка на обучение каждому участнику

Зарегистрироваться 15–17 марта 2022 г.

Кизлярский район

Авар мац1алъул муг1алим Асильдарова Шагьрузат Ахмедовна

2020 сон .

Мастер-класс

Тема: Авар адабияталда бах1арчилъиялъул дарсал.

Мурад: пасих1аб каламалде лъимал ругьун гьари;

биценалъе баян кьей;

калам цебет1езаби – синонимазул жутал г1уц1и.

Дагъистаналъул карта, Шамил имамасул сурат,

Дагъистаналъул бах1арзазул суртал, слайдал: вараниялъул, рахълъеналъул сурат.

Доскаялда: «Ват1аналъул т1алаб т1обит1улаго,

«Тушманасда цебе наку ч1вазег1ан,

Варани – салул авлахъазда г1умру гьабулеб х1айван,

Караван – чамалиго варанигул сапаралъ унел г1адамал,

Рахълъен – г1иялъажоялъул т1омол гьабураб таргьа,

Тепи – ц1ам т1аде тегьараб ракь,

Буюрухъ – гурх1ел гьеч1еб ах1и,

Иргъахъ – вехьасул т1ил,

Эльбрус – Кавказалъул бищун рорхатал муг1рузул цояб.

Доскаялда цебе тах, тахида г1одов ч1арав рекъав Тимур, гьесда цере лъурал кванил ниг1матал, аск1ор гужгатал рет1арал бодул церехъаби, гьесда цеве буртина рет1арав гьит1инав вехь, кодоб иргъахъ ккурав.

Дагъистаналда буго к1удияб салул байдан. Гьеб байданалъул бакьулъ буго цо гамач1. Гьеб релълъуна, буртинаги рет1ун, т1агъурги лъун, ч1арав чиясда. Гьеб ганч1ил х1акъалъулъ халкъалда гьоркьоб буго гьадинаб бицен.

Чияр ракьал рахъулев, залимав рекъав Тимурил рик1к1ен гьеч1ел боял Дагъистаналде жанире к1анц1ун руго. Гьел унел рук1анила Каспий ралъдал раг1алдасан, салул авлахъаздасан, тепи ч1вараб байданалдасан.

Жиндирго аскарал сапаралда свакан рук1ин рихьараб мехалда, Тимурица гьеб байданалда чадиралги ч1ван, х1ухьбахъизе ч1аян буюранила. Киналго рахъазде лъеда хадур ч1ах1иял рахълъабигун варанабазул к1уди-к1удиял караванал рит1ун анила.

Киналго ц1акъ къечон рук1анила, гьединлъидал лъеда хадур арал чаг1и нахъ руссун рач1иналъухъ ралагьун, чанго азарго чи вугеб Тимурил боялъул цониги чи кьижун вук1инч1ила. Гьеб бак1алда сверухъ цониги ицц, цониги х1ор бук1инч1ила. Боялда жаниб зигарди бакканила. Тимурил кутакалда ццин бахъанила.

- Караваназул бут1рул дихъе ах1е!

Чанго минут анила, гьесул дарайдул чадиралда цере, г1одоре бут1рулги къулун, эхетун ч1анила караваназул киналго бут1рул.

Тимурица щивасда гьикъанила:

- Мун кив вук1арав?

-Кинаб нухалъ арав?

-Нухда щив ватарав?

Щивас гьесие цох1ого жаваб кьунила:

- Дагъистаналъул нухал зах1матал ва х1инкъи бугел руго, гьаб улкаялъул кинабго халкъ муг1рузде ун буго.

Гьебмехалда караваназул цо бет1ер, Г1убайдула абун ц1ар бугев, херав, ворхатав чи цеве вахъанила:

- Ва дир к1удияв х1аким, гьадаб цо маг1арда дида вихьана анц1го чахъугун цо гьит1инав вехь. Бищун г1агарда бугеб ицц лъазе дица гьев кквеян буюрана, щай гурелъул гьес жиндирго чахъаби кирниги гьекъезаризе кколелъул!

-Вехьасе бокьич1о ицц бихьизабизе. Гьес абуна, ракь г1адин, лъимги гьелъул бет1ергьабазе хирияб бугилан. Жидее ракь тушманасе кьезе бокьун гьеч1илан, жидеца лъимги кьоларин.

-Дуца гьесда щибха гьабураб?

-Дие гьев ч1вазе бокьун бук1ана, нахъеги цадахъ вачине х1укму гьабуна. Гьев вуго гьагъава, чодронив.

-Вехь дихъе ваче!

Керчаб буртинаги рет1арав, к1ург1араб к1удияб т1агъурги лъурав, кодоб иргъахъги ккурав гьит1инав вехь гьесда аск1ове вачун вач1анила.

-Лъида цеве эхетун вугевали лъалищ дуда?

-Лъала. Киналго ракьал рахъулев ва халкъалда кверщел гьабулевТимурида цеве ч1ун вуго.

-Дуда лъалищ дир ц1об бук1унареблъи?

-Гьедин батани, дуца бихьизабе лъим босулеб ицц, дир рагъухъабазе гьекъезе лъим къвариг1ун буго.

-Дур боялъе гьекъезе лъим босизег1анасеб гьеч1о гьеб ицц, гьит1инаб буго.

-Огь, дида бихьулеб буго гьеб ицц бихьизабизе дуе бокьун гьеч1еблъи! Дица бицинабила дуда гьеб!

-Гьеб бицеян гьанжелъизег1анги г1акъуба кьуна, - ян жавабги кьун, васас гъажалдаса буртина реханили.

Тимурида ва гьесда сверухъ ругезда вехьасул гужгат т1ут1ун бук1ин, гьесул к1игъуждул ва мугъ хъах1илал г1ужазул ц1ун бук1ин бихьанила.

-Дие бокьун бук1ана бицинабизе, амма гьев вехь гамач1 г1адав жо вуго.

-Гамач1 г1адавищ? Гьанжеги буюрулеб буго дица гьесул кверал кьуреян. Бицинч1они, ц1алаца вухун, т1ут1ун вай!

Васас г1одове виччан, буртина гъажалде реханила. Тимур ц1унулел рагъухъабазул цо чангояв гьесул буюрухъ т1убазабизе вортанила. Гьел вехьасда аск1оре щвезег1ан, киназулго беразда цеве гьев ганч1иде сверанила. Рагъухъаби, х1инкъун, нахъе къанила.

-Дур бит1араб буго. Х1акъикъаталдаги гьев гамач1 вук1ун вуго.

Т1ок1аб гьеб байданалдаги лъалхъич1ого, къеч1алъ тату хварал жиндирго аскаралгун Тимур Эльбрусалъул ракьалдехун валагьун анила.

Тексталъул идейно-тематикияб анализ:

Кинав тушманасул бицунеб бугеб гьаб биценалда?

Слайд: Рекъав Тимур – Тамерлан – монголазул хан.

Кинаб мурад бук1араб гьесул? Киналго халкъал жиндиего мук1ур гьаризе.

Щай гьесул боялъул рагъухъабазул тату хун бук1араб? Каспий ралъдал раг1алда гьекъезе лъим щвеч1ого.

Кинаб буюрухъ кьураб рекъав Тимурица? Лъеда хадур бодул церехъаби рит1изе.

Щай гьесул боялъул церехъабазда лъим батич1еб?

Гьит1инав вехьас ицц бугеб бак1 бихьизабич1ого.

Гьит1инав вехьас кинаб жаваб кьураб гучав тушманасе? -Дур боялъе гьекъезе лъим босизег1анасеб гьеч1о гьеб ицц, гьит1инаб буго.

Васасул сипат рагьулел определенил – эпитетал рате:

- Керчаб буртинаги рет1арав, к1ург1араб к1удияб т1агъурги лъурав, кодоб иргъахъги ккурав гьит1инав вехь гьесда аск1ове вачун вач1анила.

9. Нужеца гьесие кинаб къимат кьелеб? (гьезие жутал синонимал ургъе)

- сабурав- г1одове виччарав.

10. Ганч1ил васас кинаб х1укму гьабизе тушман т1амурав? Гьев Дагъистаналда нахъе ана.

11. Халкъияб биценалъ щиб нилъеда малъулеб бугеб? Ват1аналъе г1оло хвезеги х1адурав вук1ине ккола.

Ват1аналъул т1алаб т1обит1улаго, т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро

Дагъистаналда кидаго рук1ана бах1арзал. Гьезул ц1арал к1очонаро нилъеда.

Слайдал: Гъазимух1амадил, Х1амзат имамасул, Шамил имамасул, Ч1ик1аса Юнусил, Хунзахъа Ахъбердил Мух1амадил, Хириясул Г1алибегил суртал.

Ват1аналъе г1оло хвезе х1адурал бах1арзаз ц1унана Дагъистан ц1ияб г1елалъе г1оло, нилъее г1умру кьурай эбелалъе г1оло.


1. Бит1ун ва чвахун ц1алиялъул бажари борхизаби. Маргьаялъул аслиял лъугьа-бахъиназул бицине ругьун гьари. 2. Анкьго гьижаялъул (слогалъул) коч1ол роценалъул х1акъалъулъ баян кьей. Коч1олаб каламалъул пасих1лъи ц1ик1к1ине рифмаялъул ва чвахиялъул к1вар рагьи. Литературиял маргьабазул хаслъи ва халкъияздаса гьезул бат1алъи бихьизаби. 3. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун инсанасул талих1, бечелъиялъулъ гуреб бугеб, чилъиялъулъ бук1иналда лъимал хадур гъезари ва гьезул г1акълу бег1ери, адабияталде рокьи ц1ик1к1инаби.

Содержимое разработки

Дарсил тема: Г1абасил Мах1амад "Ч1ИБИРИКЪ" (3 саг1ат)

(Цо саг1ат гьаб темаялъе класстун къват1исеб ц1алиялдаса босила)

Малъиялъул мурад ва масъалаби::

Бит1ун ва чвахун ц1алиялъул бажари борхизаби. Маргьаялъул аслиял
лъугьа-бахъиназул бицине ругьун гьари.

Анкьго гьижаялъул (слогалъул) коч1ол роценалъул х1акъалъулъ баян кьей. Коч1олаб каламалъул пасих1лъи ц1ик1к1ине рифмаялъул ва чвахиялъул к1вар рагьи. Литературиял маргьабазул хаслъи ва халкъияздаса гьезул бат1алъи бихьизаби.

3. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун инсанасул талих1, бечелъиялъулъ гуреб бугеб, чилъиялъулъ бук1иналда лъимал хадур гъезари ва гьезул г1акълу бег1ери, адабияталде рокьи ц1ик1к1инаби.

Дарсил тайпа: комбинированнияб

Дарсил алатал: Гӏ. Мах1амадил сурат, асаралда данде колел суратал

1. Класс дарсиде х1адурила.

2. Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьабила.

3. Т1арарамал рик1к1инарила.

4. Ц1ияб темаялде рач1ина.

Учитель: Жакъа нилъеца ц1ализе буго цоги литературияб маргьа. Коч1одалъун гьеб асар хъван буго аваразул поэт Г1абасил Мах1амадица. Гьев ккола г1езег1ан пасих1ав лирикияв поэтги драматурги. Г1абасил Мах1амад гьавуна 1932 соналъ Хунзахъ районалъул Лъаг1илухъ росулъ. Ц1алана школалда, хадуб педучилищеялда. Х1алт1ана учительлъун. 1971 соналъ гьес лъуг1изабуна М. Горькил ц1аралда бугеб литфатурияб институт.
1967 соналдаса нахъе гьев вуго хъвадарухъабазул союзалъул член.
Х1алт1улев вуго Дагъистаналъул т1ахьазул издательствоялда художествияб литератураялъул редакторлъун. 14 бат1ияб куч1дузул т1ехь кьват1ибе биччана гьес. "Мах1муд" абураб трагедиялъухъ гьесие кьуна республикаялъул премия.
(Поэтасул сурат бихьизабила лъималазда).

5. Словарияб х1алт1и т1обит1ила.

Баян кьезе: нуцал - хунздерил ханзабазда абулеб ц1ар; бика - ханасул яс (ч1ужу); харанги - рохти бит1араб гъвет1, гъараваш - ханзабазул руччабазул (ясазул) цеетел; махмар - ч1ух1араб ххамил цо тайпа; т1урузаб – т1урулеб, г1алхулаб; лъунка - баг1нас (чанил жо); гунгудизе - к1ет1езе; ссилияб - сси бугеб, къадруяб, ч1ух1араб; рохх – бохдул мугъалда цолъулеб бак1; ччух1 - кеп, ихтилат; руг1ел - ракьа гьеч1еб гьанал кесек; ссуй - халалъухъе къот1араб бут1а; хъундагъ - тунк1ил нахъияб рахъ (г1оркь).

6. Бит1ун ц1ализе: нуц1а, рач1унеца, къварилъарал, киса, гьодит1аса, рилълъин, ч1араб. (8 минут)

7. Ч1ибирикъил сапаралда хадуб халкквезе классалда т1адги къан, учителас лъалхъич1ого лъуг1изег1ан маргьа ц1алила пасих1го.

8. Маргьаялъул пикрабазда тела (2минуталъ) ц1алдохъаби.
Хадуб ц1ехела:

- Т1асан балагьун вихьизе кинав чи Ч1ибирикъ вук1арав?

- Г1акълу-гьунаралъул рахъалъ кинав ватарав гьев? ("Бах1арчи хъабчилъ ватулев" абураб кици кинав героясе т1амизе бегьулеб?).

Ч1ибирикъ сапаралде щай вахъарав?

Кисан гьесул нух байбихьараб?

Т1оцебесеб нухалъ ханас Ч1ибирикъида кин дандч1вай гьабураб?

К1иабилеб дандч1вай кинаб бук1араб?

Бакъубика ялагьулаго, киве-киве гьев щварав?

Ч1аго хут1арай Хъарталъ щиб-щиб квек1ен гьабураб Ч1ибирикъие рокъобе нухда?

Рак1алде щвезаре маргьадул киналго героял. (5-6 минут)

9. Кьералккун ц1али г1уц1ила.

Цо кьералъ ц1алулелъул, цогидаб г1енеккила ва бит1ун, чвахун ц1алиялъе къимат кьеялъулъ г1ахьаллъила. Хадуб гьал г1енеккун, доз ц1алила:

Т1оцебесеб кьералъ 1 бет1ер,

К1иабилеб кьералъ 2 бет1ер.

Т1оцебесеб кьералъ 3 бет1ер,

К1иабилеб кьералъ 4 бет1ер.

10. Хоралда (учителасда хадуб) классалъго ц1алила 5-6 бет1ер.

11. Рокъобе кьела 1-4 бут1рул, гъалат1 биччач1ого, чвахун къиматалъе ц1ализе х1адурлъизе.

2 дарс

1. Дарс байбихьила къиматалъе бит1ун ва чвахун ц1ализе ц1алдохъаби рахъинариялдалъун.

Цо-цоясда цо-цо бет1ер ц1ализе т1адкъала. Хут1араз бит1ун ц1алиялда хадуб хал кквела. Гьедин ц1ализабила 4 ц1алдохъанасда. Къимат кьела, классгун дандбан (8 минут)

Кьералккун ц1ализабила 5 ва 6 абилел бут1рул: 1 кьералъ 5 абилеб, к1иабилелъ - 6 абилеб бет1ер. (6 минут)

3. Сасараб гьаркьида жидецаго ц1ализе т1адкъала 7 бет1ер ва, киноялда г1адин, иргадал лъугъа-бахъинал цереч1езаризе ва тартибалда гьезул бицине т1амила.

Ц1ехела иргадал лъабго ц1алдохъанасда. Т1оцебесеб квек1ен щиб ва кин гъеб къезабурабали бицина цояс, к1иабилес бицина к1иабилеб квек1еналъул ва кин гьелдаса рорч1аралали; лъабабилес лъабабилеб квек1еналъул ва сунца героязе кумек гьабурабали. (8 минут)

4. VI ва VII бут1рузул коч1олал мухъазул роцен ч1езабизе т1адкъала. (Ч1езабула 8 ва 7 гьижаялъул роцен). Хадуб гьезул чвахи, наку (ритм) дандекквезе т1амила, учителасухъги г1енеккун. Учителас цин ц1алила:

Ч1ибирикъил гьанже сапар,

Гьури г1адин, хехлъун буго;

Бардаходал рук1ел ц1ехон,

Ц1идасан к1ерт бац1ун буго.

Анкьго мег1ер, анкьго сангар

Параялда ас тун буго -

Нохъо бакьулъ, бакун ц1агун,

Бардахоги ватун вуго. (6 бет1ер, 1 къот1ел)

Бекерулеб буго к1ерт,

К1удияб айгъир г1адин;

Г1едег1улел руго гьал,

Гьел квешал рохьал тезе.

Амма яхъун йиго хъарт,

Хьагикье ккеч1ей г1адин;

Г1ерг1едилей йиго гьай,

Гьазие нухал къазе. (7 бет1ер, 1 къот1ел)

Цинги гъикъила:

Ц1алулеб мехалъ гьезда гьоркьоб чвахиялъул бат1алъи лъанищ?

Т1оцебесеб кинаб накуялда ц1алараб? (Г1одобе биччараб, хабарияб чвахиялда).

- Т1оцебесеб къот1елалда дандеккун, к1иабилеб кин ц1алараб?
Нахъойги учителас ц1алила:

Бардаходал рук1ел ц1ехон,

Ц1идасан к1ерт бац1ун буго.

Бекерулеб буго к1ерт

К1удияб айгъир г1адин. (К1иабилеб ц1алана хехаб, х1алуцараб чвахиялда)

Учителас, доскаялда хъван, бихьизабила:

Ч1ибирикъил /гьанже сапар/ (4+4 слог.)

Гьури г1адин /хехлъун буго/ (4 + 4 слог.) (8 гъижаялъулроцен)

Бекерулеб буго к1ерт// К1удияб айгъир г1адин// (7 гъижаялъулроцен)

Учителасда хадуб лъималазги, к1иц1ул-лъабц1ул ц1алила гьел мухъал. Цинги учителас х1асил гьабила:

Маг1арул коч1ол бищун г1емер х1алт1изабулеб лъабго роцен буго -11, 8 ва 7 гьижаялъул. Гьаб маргьаялда х1алт1изабун буго 7 ва 8 гьижаялъул (слогалъул) роцен. Лъана нилъеда щибаб роцадул хасаб чвахи-наку (ритм) бук1унебльи. (10 минут)

5. Ч1ибирикъилги ханасулги дандч1вай, ролазде бикьун, ц1ализабила.
(Рак1ч1араб пахрулъигун Ч1ибирикъил ва ургъалил бакъаналда ханасул раг1аби ц1ализе кколеблъи бицина лъималазда). К1и-к1и ц1алдохъанас к1иц1ул ц1алани г1ела. Хадуб классалъего суалал кьела:

Ч1ибирикъица ханасул х1урмат гьабурабищ?
(Гьабуна: салам кьуна, бет1ер ч1ахъаяван абуна).

Ханасе х1елараб, х1еккараб раг1и бицанищ гьес?

- Ханасулгун чин бащадав чи г1адин, ч1инч1икъав Ч1ибирикъ к1алъаялъе г1илла щиб? (Вихьизе ч1инч1икъав вугониги, х1акъав бах1арчи вук1ун).

Хан сверун ккурал "багьадурал" ва "бах1арзал" х1акъикъаталда кинал чаг1и ратарал?

Живго ханас кинаб къимат гьезие кьураб? (Бах1арчиян абиялъ гурев багьадур вахъунев, бах1арчиял ишал гьариялъин).

"Бигьаяб жо, те унтарал", - ан абулеб буго Ч1ибирикъица.

Гьеб унтарал абураб эпитет кинал раг1абаздалъун хисизе бегьулеб? (ц1умах1ал, х1инкъарал, тухьулал).

- Ч1ибирикъ ханасухъе щай вач1арав? (Бакъубикада хадув вахъине изну босизе).

- Ханасе Ч1ибирикъ берзуе г1унгут1иялъе г1илла щиб?
(Гьит1инав, берзукъав, багьадурасда релълъинч1ев вук1ин).

- Щайха ханас гьесде божилъи гьабураб? (Гьесул таваккал бихьун, т1ок1ав хадув вахъунев чиги ккеч1ого.)

- Базалиял игитазул камураб жо щиб бук1араб ах1гуд рахъине?
(Таваккал, бихьинчилъи)

- Жиндирго аск1осев чи г1адин, ханас Ч1ибирикъ т1овит1и сундасан бихьулеб?

(Дуе ине изну буго,

Нухги бит1ун, т1адвуссаги", - ян гъарулеб буго ханас).

- Гьелъие г1илла щиб? (Лъица бук1аниги жиндир яс хвасар гьайизе къвариг1ун).

6. Рокъобе кьела: 5 бет1ер ц1алун, гьениса

Ч1ибирикъ ун, ургъел ккарай

Бика, квер ккун, ячун йиго;

Данде к1анц1ун к1ертти бач1ун,

Рек1ун т1адгун, т1урун руго",

- абурал раг1абазда рекъараб сурат бахъун босизе. Гьеб сурат х1ат1ул, пластилиналъул, ц1улал, кагьтил гьабизеги бегьилилан абила.

1. Суратал рак1арила. (Гьел рук1ине ккола суратал рахъулеб альбомалъул т1анчазда). Хасго лъик1 лъугьарал киназдаго рихьизарила, гьез кьолеб кьиматалъухъ г1енеккила. Маг1на кьезе к1ун батани, суратазда г1айиб ч1валаро. Х1ат1ул, пластилинальул, ц1улал, кагьтил суратал гьарун рач1ани, гьезие хасаб рецц гьабила. (6 минут)

2. Баян кьовул ц1али г1уц1ила. 5 бет1ералъул щибаб къот1ел бат1а- бат1аго ц1ализабила хоралда киназдаго. Цинги суалал кьела:

Т1оцебесеб къот1елалда т1асан:

Ханас щиб кьураб яс хвасар гьайизе унев цого цо багьадурасе?
(Бакъвараб квер).

Щиб кьезе кколеб бук1араб? (Ярагъ-чу рехсеч1ого, нухда квенг1аги).

"Пикру г1емер гьабунила", - ян абиялъ кинав чилъун Ч1ибирикъ вихьизавулев? (Ц1одоравлъун).

- Ч1ибирикъил къуват сундулъ бугеб? (Ц1одорлъиялъулъ, г1акъилльияльулъ).

К1иабилеб къот1ел ц1алун хадуб:

-Щиб бечелъиялъул чи вук1арав Ч1ибирикъ?

-Гьединаб ярагъ-чугун чабхъад вахъине таваккал г1ей щиблъун рик1к1ине бегьулеб? (Бах1арчилъилъун).

Лъабабилеб къот1ел ц1алигун:

-Бихьизе к1ерт кинаб бук1араб? (Живго Ч1ибирикъида релълъараб, т1ом ччук1араб, рас х1улараб, амма бергьараб айгъиралдаса бекеризе гьунар бугеб).

4 къот1елги ц1алун:

-Нохъоде щвезег1ан Ч1ибирикъица нахъа тараб нух бигьаяб бук1арабищ?

5 къот1елалда т1асан:

-Хъартида т1аде ккедал ва гьей йихьидал, кинаб асар Ч1ибирикъие лъугьараб?

-Кьижун ятарай хъарт бач1инахъего ч1вач1ого щай тарай герояс?

6 къот1елалда т1асан:

- "Хангун кьолеб раг1и буго,

Дираб дуе хвезе гьеч1о", - ян абурал раг1абаз ханги Ч1ибирикъги кинал чаг1илъун рихьизарулел? (Кьураб раг1и кколарев хан вук1инги, щулияб раг1ул бет1ергьан Ч1ибирикъги).

7 къот1елги ц1алун:

- Хъартил жавабалдасан щиб лъараб Ч1ибирикъида? Щай гьев хьимулаго хьагида нахъа г1одов ч1арав? Гьев вохизесеб жойищ хъартица бицараб? (Гьелдасан лъана Бакъубика йигеб бак1. Г1одов ч1ана гьей тохлъизег1ан).

- Щиб тохлъи ккараб хъартил?

8 къот1елалда т1асан:

- Ч1ибирикъил щиб гъалат1 ккараб? (Хъарт ч1аго тей).

-Кин хадуб гьеб гъалат1 данде багъараб? (12-15 минут)

3. Иргадал къиматалъе ц1ализе вахъинавила лъабго ц1алдохъан

Цояс - 7, к1иабилес - 8, лъабабилес - 9 бет1ер ц1алила. Бит1ун, чвахун ц1ализе бажариялье къимат кьела. (4 минут)

4. Анкьабилеб бет1ералъул ахираб къот1еяалде т1адруссинарила лъимал.
Ханасул х1акъикъияб хасият рагъулея раг1аби ратизе ва гъезие баян кьезе т1адкъала.

Бакъубика нахъе щун,

Нуцал вохун вук1ана.

Бахъун к1ертгун, Ч1ибирикъ

Ч1унк1буз къват1иве гъола.

Ханасни гьеб дандч1вай гьабунин, халкъалъул кинаб бербалагьи лъугьараб гьесдехун? Ч1ибирикъидехун? (Шагьаралъул халкъ, х1урмат гьабун, гъев к1одо гьавун, данде бахъана).

Ханасул ясалъ щив т1аса вищарав? (Бечедав х1алихьатги мискинав бах1арчиги).

5. Дарсил хут1араб заманалъ х1асил гьабила. Гьелъие суалал ва
т1адкъаял:

Маргьаялъул аслияв герой, т1адбалагьун, кинав чи вугев?

Цереккун малъарал асаразда жаниб Ч1ибирикъил тайпаялъул героял кинал дандч1варал? (Ганч1ил вас, Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи, Г1анк1илги Ч1ибирикъилги релълъарал рахъал кинал ругел? Гьезул аслияб ярагъ щиб? (Г1акъиллъи, ц1одорлъи).

Киг1ан ц1акъаб чу-ярагъ бугониги, рек1елъ чаран гьеч1они, чияс бах1арчилъи гьабулареблъи сундалъун поэтас бихьизабун бугеб?

Унго-унгояв бах1арчиясда кодоб бал хвараб ханжарги, хъундагъ т1ураб, кьаву ч1вараб туманк1ги г1ураб ярагъ бук1ин лъил мисалалдасан бихьулеб?

Къо ккараб мехалъ, бах1арзалин рик1к1унел бечедаз щиб гьабураб?

"Бах1арчи хъабчилъ ватулин", - абураб кици кинав героясул ц1аралда т1амизе бегьулеб?

Унго-унгояв бах1арчиясул халкъалъ х1урмат гьабулел бак1ал рак1алде щвезаре (малъаралщинал асаразда жаниб).

Ханасул к1игьумерчилъи, хиянатлъи кинал мухъазулъ загьир гьабун бугеб?

- Цереккун малъарал асаразда жанибги ханзаби дандч1вана.
Гьездаса гьав ханасул бат1алъи щиб? (Х1илла-макру ц1ик1к1арав вук1ин).

"Гьумер бахьинал, махьа ч1ег1ерал" чаг1иян гьаб маргьаялъул кинал героязда абизе бегьулеб?

Гьезда гьоркьоса ц1ик1к1ун рокьукъаллъун (квешаллъун) кинал нужеца толел? Хъартги Бардахогийищ яги ханги гьесул чукъагийищ?

Щай? Сундасан гьеб бихьулеб?

Авторас лъил рахъ кколеб бугеб? Гьес нилъеда щиб малъулеб бугеб?
Сунде канг1изарулел ругел? (Т1уванго чи лъач1ого, т1асан балагьун г1адамасе къимат кьогеян, г1емерисеб нухалъ бах1арчи хъабчилъ ватулин. Г1адамасул къимат, бицунеб раг1уде ралагьич1ого, гьабулеб ишалде балагьун, гьабейилан. Шивав чи адаб-х1урматалъе мустах1икъав вук1унин, гьев къабих1 гьавугеян малъулеб буго).

5 класс родной (аварский) язык Тема:

https://ds04.infourok.ru/uploads/ex/00ae/000cd1ed-a28fa924/img11.jpg

.

3.Такрар гьаби .Гьоркьор риччарал х1арпалги лъун х1алт1и доскаялда гьаби .

1)Г.обол ва.1ана. 2) Васас рохе. бицана.3)Июн. риидалил мо.1 буго.4)Эбе. шаг.аралде ана . 5)Му.минат г.ит1инай

.иго. 6) Ками. дир гьалмаг. вуго.

4. Эркенаб дакъикъа

5. Ц 1ияб тема. Гьижа -цо нухалда х1ухьел къват1ибе биччан абулеб

https://ds05.infourok.ru/uploads/ex/0992/000cee59-995795ce/img20.jpg

Лъимал жалго темаялъул ц1аралде рач1ине т1амила .

Гьанир кьурал щал?Гьаздаса раг1аби лъугьинаризе т1ами-

Сулахъ,чакар.кинал х1арпал рук1ине кколел гьижаби

лъугьине .рагьарал х1арпал кинал лъалел?

Х1алт1и –х1ай(доскаялда ч1вала раг1аби ,скотчалда рек1ун. (мугъ,квер,бац1,гьава,кварт1а,кьег1ер,бугъа,

К1иго коробка лъела ;цо т1аса рахараб ,цояб рагьараб.

Доскаялдаса бахъун щибалда жанире рехизе т1амила.

6. Раг1аби кинха рикьун росулел?- Гьижабиккун.

Х1.279-бицун. Х1.281 гьум.-102.(доскаялда)

Цо слог. К1иго слог. Г1емер слог.

Цер кету аздагьо

8.Лъай гъарид гьабиялъе х1алт1и .(гъалат1ал рате ри-

Кв-ат1а-на, кь –уна,бахъ-ухъ,кв-енч1-ел, эб-ел, гъве-

т1, мах-х ,зод-исан,ба-г1ли-я-лъ,лъ-лъар,ну-с.

https://ds04.infourok.ru/uploads/ex/0431/000e8320-26fd86bc/img9.jpg

9. Дарсил х1асил .

Читайте также: