Айдемир ва умайганат краткое содержание

Обновлено: 08.07.2024

13. Дарсил х1асил гьаби, баркалаялъул кагътал рикьи. Рокъобе т1адкъай кьей.

  • Компьютер
  • Мультимедияб доска
  • Презентациялгун, х1айгун, слайдалгун, халкъиял бакъналгун.
  • Васазе ва ясазе миллияб рет1ел.
  • Баг1арал ва хъах1илал карточкаби – бонусал.

Бат1и – бат1иял асараздаса багьадурал-ц1алдохъаби, гьалбал: Ц1адаса Х1амзат,рет1а-къала дандекколеб къаг1идаялъ.

Дарсил тайпа: ИКТ х1алт1изабураб г1адатияб гуреб адабияталъул дарс

Класс бец1 гьабун буго. Классалъуве лъугьуна муг1алим ва лъималазе салам кьола:

Муг1алим: Рорч1ами, лъимал!

Ц1алдохъабаз цадахъго жаваб кьола, ва авар мац1алъул х1акъалъулъ ругел мухъал ц1алула.

1 Слайд - пандуралъул бакъаналда гъоркь рагьула Хунзахъ районалъул карта

Муг1алим : Лъимал, нилъер жакъа буго г1адатияб гуреб дарс. Гьеб ине буго г1адатияб гуреб х1алалда, лъугьине руго г1адатиял гурел ишал. Жакъасеб дарсил маршрут ва тема бищизе т1амизе руго нужго. Рази ругищ?

Ц1алдохъаби: Рази руго!

2 Слайд – ч1обогояб кроссворд.

Муг1алим: Дарсил маршрут бищизе буго раг1икъот1 ц1езабиялдалъун. Гьеб бук1ине буго нилъер дарсил сапаралъулаб т1амачлъунги. Кире ва лъихъе – гьел суалазе жавабал щола раг1икъот1 ц1езабун хадуб.

Ц1алдохъаби: Нижеца х1аракат бахъила!

Муг1алим: 1 суал: Кив гьавурав Ц1адаса Х1амзат?

Ц1алдохъаби: Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ

Муг1алим: Бит1ун буго.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! 3 суал: Ц1. Х1амзатил кеч1 антиреклама?

Муг1алим: ц1акъ лъик1 буго! 4 суал: бахчараб дандекквей ккола …?

Муг1алим: 5 суал: Ц1. Х1амзат вук1ана гьурмада … бугев чи.

Муг1алим: Рищват! Х1алч1ахъад!

Муг1алим: ахирияб 7 суал: авторасул бицунеб жоялдехун бугеб бербалагьи загьир гьабулеб гъвангъараб сипатияб раг1и ккола:

Муг1алим: Бит1ун буго. Дун нужедаса рази йиго.

Слайд 3- ц1езабураб раг1икъот1.

Муг1алим: - Гьанже ц1ализе бегьула сапар кибе бухьине бугебали:

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат. Нилъ рилълъине руго Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъе.

Муг1алим: - Бит1ун буго. Лъица бицинеб лъил х1акъалъулъ нилъеца жакъасеб дарсида бицине бугеб?

Слайд 4 – Ц1адаса Х1амзатил портрет.

Муг1алим: Лъицаха нилъер гьалбазе Ц1. Х1амзатил х1акъалъулъ бицинеб?

(Портреталда т1асан к1алъай.)

Гьев гьавуна 1877 соналъул 21 августалда. Х1амзатил эмен Юсупил Мух1ама вук1ана эркенав узденчи. Гьесул бук1инч1о хъат ч1вазег1анасеб ракь, амма бук1ана 7 лъимер, гьезда гьоркьосан г1иц1го Х1амзатица лъолаан т1агъур. 7 сон гьес байдал, хола эмен. К1удияб хъизаналъул т1алаб т1аде ккарай эбелги кват1ич1ого хола. Бест1алазул т1алаб гьабула инсул вацг1алзабаз. Мух1амадсултаница Х1амзат кьуна Гиничукье мадрасаялде г1араб ц1ализе. Хисана г1емерал росаби, дибирзаби. Гьелъие г1илла Х1амзатил сатириял куч1дул рук1ана.

Гьесда бихьана мискиназда бугеб къварилъи, росдал бечедазул хъант1и, гьез махсароде кколеб халкъ.

Х1амзатил творчество байбихьанин абизе бегьула жеги мутаг1иллъуда вугеб мехалъго. 14 сон барав Х1амзат судалде кьола Г1алибег абулев бечедав

мадугьалас, цо кинабалиго т1аг1ел бикъун бугин багьанаги батун.

Гьес С. Стальскиясда (проекторалда суратал кьола) цадахъ кьуч1 лъуна т1олабго Дагъистаналъул г1аммаб советияб литератураялъе. Гьесда лъик1 лъалан г1арабазул литература. Х1амзат шаг1ир гуревги вук1ана драматург, хъвалаан критикаялъул, публицистикаялъул, литератураялъул х1акъалъулъ х1алт1аби.

Х1амзатица нахъа тана бечедаб адабияб ирс: руго гьесул маргьабиги, баснябиги, сатириял асаралги,поэмабиги,публицистикаги,таржамабиги.

Г1ужда щолеб, бег1ераб пасих1аб каламалъул устар - гьесул куч1дуздасан цо-цо мухъал халкъиял абиязде, биценазде сверана. Гьел куплетал халкъалда рек1ехъе лъала.

Слайд 5, 6- дарсил тема, масъалаби, мурадал.

Нилъер масъала: шаг1ирасул г1умруялъулгун, ширг1ияб ирсалъулгун дагьаб г1ат1идго лъай-хъвай гьаби, калам цебет1езаби, пикру бег1ери, жакъасеб къоялъулгун малъулеб асарлъул бухьен ч1езаби.

Слайд 7 –дарсил эпиграф

Муг1алим: ц1але ва к1вар кье дарсил эпиграфалде.

Ц1алдохъаби: Х1амзат, дур асараз инсан куцана,

Бец1ал г1адатал къаникьги рукъун.

Муг1алим: Баркала, нилъ жеги гьелде т1адруссина. Гьабсаг1ат нилъеца гьабизе буго литературияб диктант. Т1убалеб къаг1ида: дица ц1алулеб предложение нужеца лъуг1изабизе.

Слайд-8 –Литературияб диктант:

Ц1алдохъаби: Ц1адаса Х1амзат

2. Жиндир хасав автор вугеб асар ккола…

Ц1алдохъаби: Литературияб.
3. Инкъилаб абураб раг1иялъул синоним …

Ц1алдохъаби : революция
4. Ц1адаса Х1амзатил революциялда цересел асарал …

Ц1алдохъаби: сатираялъе.
6. Сатириял асараз къват1иб ч1вазабула…

Къокъабаз, цин-цин гьабун, ц1алула куплетал:

Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь
Кида бокьаниги, дуй пайда кьолеб.
Гьалмагълъун ккве дуца литература
Мун хисарданиги, цо х1алккун ч1олеб

Кутакалде мугъ ч1вараб
Ч1ух1араб пил бихьулищ
Лолен г1адин, ц1унц1раялъ
Ц1анбит1ун г1одоб лъураб

Жиндир хъулухъ гуреб иш
Бет1ералде босарасе
Мисалалъе гьаб раг1и
Г1унги т1ок1аб буго

Гьедиг1ан инжитго данде гьабураб
Дунялалъул боц1и бакьанго гуро

Мискинзаби гуккун, кодобе щвараб
Шагьи –параялда дун урхъуларо

Исана дидасан бегьараб зарал
Закат-сах1алдасан босеха, дибир,
Т1аде-хариялде я дунго хвела,
Ялъуни дибирлъун бат1ияв ккела!

Слайд 14 – Цере малъарал асаразул ц1аралгун .

Муг1алим: Нилъеца Х1амзатил цере малъарал асарал такрар гьаруна. Лъица бицинеб, гьел асараз нилъ сунде ах1улел ругел?

Ц1алдохъаби: Нилъго нилъерго г1амал-хасияталда т1ад х1алт1иялде.

Слайд 15- Дарсил тема

Слайд 28– Словарияб х1алт1и

Муг1алим: Тексталъулъ дандч1валел зах1матал раг1абазе баянал нужеца словаралда хъвазе бегьула.

Хьин – цебе маг1арулаз ургазда жаниб лъолеб бук1араб тамахаб хер.

Къайим – т1алаб гьабизе т1аде босарав чи.

Ц1июр – цо чанго соналъ ц1аларав к1удияв мутаг1ил.

Муг1алим: Гьанже поэмаялдаса цо-цо бут1абазухъ г1енеккизин

Муг1алим : - Бокьанищ нужее поэма? Рач1а гьанже нилъеца поэмаялда т1асан гьабизин гара-ч1вари.

Слайд -30 –Асаралъул анализ

Слайд -32- Асаралъул аслияб пикру

Ц1алдохъаби: Идея – Г1умруялъул зах1малъабазги заманалъул хис-басиязги инсан куцула.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Божула нужеда. Гьабсаг1ат х1алт1изе руго т1ехьгун. Нужеца поэмаялда сипатиял раг1аби ратизе руго: 1 группаялъ-т1оцебесеб бет1ералда эпитетал, 2 группаялъ – к1иабилеб бет1ералда матафораби, 3 группаялъ лъабабилеб бет1ералда дандекквеял.

Биччала халкъияб бакъан

Муг1алим: Ц1акъ лъик1 буго!

Х1ухьбахъиялъул лах1зат х1исабалдаги лъик1 х1алт1аралъухъги дица нуж рачине руго Ц1. Х1амзатил музеялде.

Гьесул буго юбилей –гьавуралдаса 140 сон т1убай, баркилищ?.

Слайд 33 –Ц1адаса Х1амзатил юбилей

Ц1алдохъаби: Ц1акъ бокьила!

Баккула х1ай, гьеб г1уц1ун буго суалал-тестаздасан:

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Бихьулеб буго нуж лъик1 х1адурун рук1ин ва нужее шаг1ир вокьулев вук1ин! Сапаралъ рахъинин!

Слайдал 42-52 халкъияб бакъан. Ц1. Х1амзатил рукъ-музей.

Гьалбазда дандч1вай гьабула Ц1. Х1амзатица-ц1алдохъанас:

Дунни нужеда к1очон тун ватилилан вук1ана.

Ц1алдохъаби: Телищха. Нижеда мун к1очон толаро, ц1алула дур асарал.

Юбилей баркизеги бокьун буго.

Ц1алдохъаналъ Х1амзатиде гьабураб асар рик1к1уна.(Ада Асх1абова кеч1)

Х1амзат: Баркала, херав вохизавуна нужеца.

Слайд 53- Ц1адаса Х1амзатил интервью

Цее яхъуна, кодоб микрофонгун, журналистка.

Х1амзат: Гьай-гьай, разилъила.

Журналистка: Лъазе бокьилаан т1оцебесеб асаралъул х1акъалъулъ?

Х1амзат: Х1ажияс дие гьеб асар къват1ибе бахъич1ого таралъухъ кьолораб чу кьолеб бук1ана (гьанже ч1ух1араб машина г1адаб жоха). Амма кват1ун ккана: киназго, цоцазул к1алдиса босун, рик1к1унеб бук1ана гьеб. Ашбазги кват1ич1ого къазе ккана.

Журналистка: Х1амзат Мух1амаевич, бищунго рак1алда ч1араблъун кинаб сон ккараб?

Х1амзат: Дие цебего гьикъизе бокьун бук1ана нужеда. Дида раг1ана гьанже маг1арул мац1 бокьуларел лъимал ругилан. Нужеда гъорлъ ругищ гьединал?

Ц1алдохъан: Дица кьела, Х1амзат Мух1амаевич, гьеб суалалъе жаваб. Нижеца гьединазул рахъ кколаро. Амма х1аракат бахъула гьел мекъи рук1ин гьезда бич1ч1изабизе.

Х1амзат: Дун вохарав вуго дир асарал нужее рокьиялдаса. Х1алч1ахъаги нужер.

Ц1алдохъаби: Х1амзат Мух1амаевич, мунги свакан ватила. Баркала к1удияб. Нижееги т1адруссине заман щвана.

Муг1алим: Бокьанищха сапар? Сваканищ?

Муг1алим: Ахиралде щвана нилъер сапар.

Биччала проектор. Гьеб заманалда муг1алимас ц1алдохъабазул карточкабазул хал гьабула ва ц1ик1к1ун бонусал щварав вихьизавула

Дарсил х1асилал гьаризин? Вугищ к1алъазе вахъине бокьарав чи?

Ц1алдохъан: Дие поэма бокьана. Гьелъ дида Ц1адаса Х1амзатил г1умру гъваридго лъазе гьабуна.

Ц1алдохъан: Экускурсия бокьана. Нужее баркала.

Къиматал лъола, баркалаялъул кагътал рикьула.

Слайд- 70-76 - Гьалбазул малъа-хъваял

Муг1алим: Т1адруссинин дарсил эпиграфалде: Х1амзатил асарал инсан куцалел къебелъи ккола.

Нажмите, чтобы узнать подробности

Тип урока: урок комплексного применения знаний, умений, навыков.

Цель урока: воспитания патриотизма и чувства гордости за свой народ на примере произведений Гамзата Цадасы.

Дарсил план:

2.Цебе малъараб такрар гьаби.

3.Дарс щула гьаби.

4. Дарсил х1асил.

5.Рокъобе х1алт1и ва къиматал.

Дарсил ин:

Организационный момент

Рорч1ами лъимал,рорч1ами гьалбал. Урхъараб салам нужее гьабатаб Гуни росдадасан. Жакъа дарсие эпиграфлъун росун руго дица гьадинал раг1аби:

« Метер маг1арул мац1 хвезе батани,

Лъил раг1абидай лъимал гьал руго? ( Расул Х1амзатовасул). Бит1ун буго.

Расул Х1амзатов ккола лъимал 2018 соналъул юбиляр. Лъида лъалеб кида гьев гьавурав? (1923-2003) -95. Щалха кколел юбилярал?

Цебе малъараб такрар гьаби.

Лъимал, жакъа нилъеца сапар бухьине буго ашбазалде. Лъида лъалеб, щиб жоха кколеб ашбаз?(кафе)

Бит1ун буго х1алч1ахъадал. Рак1алде щвезабе лъимал лъил асар гьебали ( Ц1адаса Х1амзатил).

Рач1а нилъеца класс бикьилин 2 ашбазалде. К1иябго ашбазалъул менюялда бук1ине буго раг1икъот1.Гьеб раг1икъот1алъ рагьила нилъер жакъасеб темаги.

К1иябго ашбазалъе кьела т1адкъай.

Нужеца рагьизе буго раг1икъот1.

Гьеб буго нужер менюялъул т1оцебесеб кванил ниг1мат. Лъимал, г1урус мац1алда кин бук1инеб т1оцебесеб кванил ниг1мат? ( 1 блюдо).

Кьола командаялъе ургъизе заман.

К1иябго раг1икъот1 бала доскаялда. Гьеле лъимал, нужеца рагьана жакъасеб дарсил тема.

Проекторалдасан бихьизабила дарсил тема ва мурадал.

Дарс щула гьаби (дарсил анализ).

Дарсил анализ гьабулаго к1иябго командаялъе кьела т1адкъай.

1 командаялъ рагьизе руго Симисханил ва Асмал образал.

2 командаялъ рагьизе руго Гъазил ва Умайгьанатил образал.

Гьеб буго нужер менюялъул к1иабилеб кванил ниг1мат ( 2 блюдо).

Ашбазалде кваназе гурониги цоги щиб гьабизе рач1унел ,лъимал?(Х1ухьбахъизе)

Гьанже нилъер буго х1ухьбахъиялъул лах1зат.

Гьеб бук1ине буго нужер десертлъун.

Сценка бихьизабила лъималаз.

Нилъеца цодагьаб х1ухьбахъиги гьабуна, рилълъинин нилъ дагьалги цере.

4.Дарсил х1асил.

Хириял ц1алдохъаби, жакъа дие дарсил х1асил гьабизе бокьун буго ЩИБ? КИБ? КИДА? (Что ?,Где? Когда?) абураб х1аялдалъун.

Гуниязул ц1алдохъабазе бокьун буго асаралда т1асан нужее суалал кьезе.(Сайгъат бит1араб жавабалъухъ).

(Хъант1и, к1игьумерчилъи, ц1огь)

Гьеб асар т1убанго КИБ бахъун бук1араб?

Пьсалъул ахир рак1алда бугищ нужеда лъимал?

Щибха ахиралда ккараб?(Вач1ун милиционерас Гъази вачун уна…..)

Гьединаб бук1уна ц1огьалъул ахир.

Бихьулищха лъимал , цебе заманаялдаги жакъа 21 векалдаги г1адамасул г1амал-хасият цо-цоязул цого бук1ин. Босизин нилъер политика . Щиб гьениб кколеб бугеб?

Гъази г1адал ц1огьал, к1игьумерчаг1и жанир лъолел руго. Кида-къадги квешал ишал т1атинч1ого хут1уларо.

Дие бокьилаан лъимал нужеца киданиги гьереси бицинч1ого бук1ине, нужеца киданиги жо бикъич1ого бук1ине.Нуж т1олалго Ват1ан ч1ух1арал, эбел-эмен разиял лъималлъун рахъине.

5.Тестирование (заман хут1ани).

Жакъасеб дарс лъуг1изабизе бокьун буго дие лъимал Фазу Г1алиевалъул гьал раг1абаздалъун:

Гьаб мац1 дие кьуна маг1арулаца.

Маг1арул намусгун, бечедаб ирслъун.

Бац1ц1адго ц1уне гьеб, бечед гьабе гьеб,

Гьелда ах1е дуца х1асратаб кеч1ан.

Ф.Г1алиева йик1ана лъимал нилъер гъоркьиса 2017 соналъул юбиляр. Гьединлъидал дица гьал раг1абаздалъун лъуна дарсие ахир. Байбихьун бук1ана дица дарс Расул Х1амзатовасул раг1абаздалъун.

Кинал раг1аби лъимал гьел рук1арал? ( Восп. Минут ).

  • Для учеников 1-11 классов и дошкольников
  • Бесплатные сертификаты учителям и участникам

РагIул устар, суратчи, басриябги цIиябги цIадирабазда лъурав ХIамзатида лъидасаго лъикI, якъинго бихьулеб ва бичIчIулеб букIана цIияб гIуцIиялъ, официалияб идеологиялъ магIарухъе бачIараб лъикIабги, квешабги, ритIухъабги, такъсирабги, магIарул халкъалъул гIумруялъулъ лъугьарал чIахIиял хиса-басиялги ва гьезул хIасилалги. ХIамзатил цIодораб, бегIераб пикруялда хехго бичIчIана партиялъул рагIудаги хIакъикъияб гIумруялдаги, гьабулеб ишалдаги гьоркьоб кIудияб батIалъи букIин. Кидаго гуро дол соназда бицунебги гьабулебги данде кколеб букIараб. Байбихьуда ракI-ракIалъ къабул гьабуниги, хадуб ХIамзатида бичIчIана инкъилабалъги гьелъул хIасилазги халкъалъул гIумруялъулъ лъикIал рахъазда цадахъ, лъикIаланго гIунгутIабиги, хIатта такъсирлъигицин раккизарулел рукIин, гIадатав магIаруласул пикру, психология, тIабигIат квешаб рахъалдехун хисизабулеб букIин. Гьединин драматургас жиндирго тIолабго гьунар-махщел буссинабураб гьел гIунгутIаби къватIир чIвазариялдехун, жамгIияб гIумруялъулъ гьел рижизе цIияб гIуцIиялъулъ рукIарал шартIал баян гьариялдехун. Жив тIад велъулел, жинца къватIир чIвазарулел, жиндир сатираялъул чIор щолел багьадурзаби ЦIадаса ХIамзатида ратулаан жиндаго сверухъ, магIарул жамагIаталда жанир.

Гьеб къагIидаялда пьесаялъул текстгун лъай-хъвай гьабун лъугIигун, гьелда тIасан классалда цIалдохъабигун гара-чIвара гьабила. Гьелъул мурад ккола лъималазда асаралъул хIасил лъикI лъай ва бичIчIи.

Гара-чIвари гIуцIизе бегьила гьадинал суалазда тIасан:

Кида ва киб лъугьунеб бугеб пьесаялда бицунеб бугеб жо?

Щиб хъулухъ-пишаялъул чагIилъун кколел пьесаялъул аслиял багьадурзаби?

Кинаб сюжет бугеб комедиялъул?

«Хунздерил тIалъиялда тIоцебе кьучI жиндие тIамураб Авар театралъе кIудияв гьудуллъунги гIакъилав эменлъунги вукIана Дагъистаналъул халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзат. Гьесул цIаралда гъоркь гIун бачIана гIолохъанаб театралъул коллектив.

ТIоцебе театралъе жинца кьучI лъурав ва театралъул тIоцевесев директорлъун вукIарав Дагъистаналъул халкъияв артист ГIабдурахIман Магаевас гIемер бицунаан нижее, гIолохъанал артистазе ЦIадаса ХIамзатилги Авар театралъулги кIудияб гьудуллъиялъул, магIарулазе жиб тIоцебе бижун бачIараб гьеб, цIияб театралияб искусствоялдехун ХIамзатил букIараб кIудияб рокьиялъул ва гьеб гIуцIулел ругел гIолохъанал гьунарчагIазе гьес гьабулеб букIараб инсулаб тIалаб-агъазалъул.

Театр гIуцIарал тIоцересел соназ кIудиял захIмалъаби дандчIвалел рукIана артистазе церерахъине санагIатал бакIал, ай клубал рукIинчIоялъулъ, бигьаго букIинчIо гьунар бугел гIолилал артисталлъун театралде хIалтIизе рачIинаризеги, хасго ясал. Чара гьечIого хIажат букIана театралъе жиндирго репертуар.

Театралда цебечIараб гьеб захIматаб, кIвар цIикIкIараб масъалаги бичIчIун, ХIамзатица таваккал тIамула гьеб цIияб байбихьиялде. Гьес тIоцебе квербакъана гIолохъанаб коллективалъе кумек гьабизе, сундасаго цебе захIмат букIараб репертуаралъул масъала борхизе.

ТIубан лъутIараб пьеса гьеб букIинчIониги, авторас пьесаялъулъ лъураб пикруялъ кIудияб асар гьабуна гьунар бугел гIолохъанал артистазе. Нахъ бахъичIого артистазухъе кьуна жив-живасе рекъон кколел ролал. Артистал кIудияб гъираялда тIаделъана цIияб спектакль хIадуризе.

Кин тIобитIилеб пьесаялъул анализ? Гьелъул кьочIолъ букIина пьесаялъул аслиял багьадуразул гIамал-хасият бихьизаби.

Пьесаялъул багьадуразул хасиятазул анализ гьабулаго, кIвар кьезе ккола щибасе хасиятаб рахъалъе, цинги бихьизабизе ккола гьезда гьоркьоб бугеб гIаммаб рахъги.

ГIадай хIисабалда щибав багьадурасул буго жиндирго хаслъи. Гъази – гIамал-хасият хъубав, пикрабиги гьабулеб щинабги чорокав, цIогьор, тIуван жиндирго лъадул хIатIикь вугев чи: Асма – кIигьумерай, сихIирай, макруяй, рахIму-гурхIел гьечIей, гьерсихъан.Симисхан – гIакълудул тIубараб камиллъи гъечIей, щибниги жо бажаруларей, эбел-инсуца абу-абуралда хадуй йикIуней, лъай-цIали гьечIей яс; Умайгьанат – захIмат бокьулей, жиндирго яхI-намус бу гей, напс цIунарай, гIумруялъе цIодорай, цIали-лъаялъе хIаракатай, бажари бугей гIадан; Айдемир – гIакълу-лъай бугев, пикрабазулъ вацIцIадав, мекълъи-тIекълъиялда тIад рекъоларев, рокъорги къватIивги къадру-къиматалда вугев гIолилав.

Классалда пьесаялъул багьадуразул щивасул хасият рагьизе ккола рагIа-ракьанде щун, мухIканго, анализ гьабулаго, щибав багьадур чIагояв чи хIисабалда цIалдохъабазда цеве чIеледухъ.

Мисалалъе, босизин Гъазил сипат. Гьесул хасият-гIамалалъул анализ гьабилалде цебе цин классгун гьабизе ккола гара-чIварн гьаб хадусеб баян гьабизе гIололъун:

Гъазил хIакъалъулъ автор.

Жиндирго хIакъалъулъ Гъазил пикру.

Гъазил хIакъалъулъ цогидал багьадурзаби.

Гьеб тартибалда тIобитIараб гара-чIвариялъ кумек гьабизе буго лъималазе Гъазил хасият жидедаго чIаго цебечIезабизе. Гара-чIвариялъул хIасилал цIалдохъабаз хъвазе бегьила школалда ялъуни рокъор, гъоркьехун кьун бугеб таблицаялда рекъон::

Жнндирго рагIабаздалъунги цитатазул кумекалдалъунги Гъазил хасият баян гьабн -

Гъазил хIакъа-лъулъ автор

Гъазил хIакъалъулъ цогидал

Жиндирго хIакъа-лъулъ Гъази

«Жадул кьерав. къокъ вицатав, цIакъ гьекъолеб тайпаялъул, 40 сон барав чи. ЛъикI жоги гьекъон. Гъази ва-хъуна. Асма гьанже, чехь унтараб цер гIадин, чIезе къадар лъугIун лъугьуна, элдаго релъ-лъун Гъазиги вукIана. Хасго Гъази, майдан гIадин, гIа тIилъун уна. Ас цIун стакан Асмахъеги Айдемири-хъеги бегьула.

Кидаго гьекъон ву-кIуна. Сельпоялда ви-къарула. Асмаца абу-ралдаги божун, жин-дирго яс Умайгьанат къварид гьаюла.

ТIад ругел хIаким-забазе ришват кьола, хIелхIедула.

Макруял, хIалихьатал пикрабазул чи вуго (Гъазица ясалъул мугъалда квер кIутI-кIутIула). ХIинкъарав, жиндирго рагIи гьечIев, лъавукъав чи.

Пьесаялъул тексталда тIад гьабураб хIалтIул кьучIалда мугIалимас гIамлъизарила Гъазил хасияталъул аслиял рахъал.

Гъази вуго гIамалалъул рахъалъ хъубав, хьвада-чIвадиялъул рахъалъ чорокав чи. Гьесул гьечIо кIудияб гIакълу, гIумруялъул аслияб мурад – сельпоялда викъаризе ва гьекъолдизе. Рукъалъул кIудиявилан, чIужуялъул росилан гьесул гьечIо сси, тIолабго ихтияр лъадухъеги кьун, гьев Асмаца абу-абуралдаги божун, сундулъго гьелда хадув вилълъуна.

Гъазил буго цIакъ магIна гьечIеб, цIекIаб мацI. ГIурусабин абун гIурусабги лъаларо гьесда камилго, магIарулабги бицунаро гьес магIнаялда.

Сельпоялъул хIалтIухъан вугониги, гьесда лъалеб гьечIо цIализе цIияб алипалъ хъвараб жоги. Гьелдаго цадахъ щаклъизе бачIуна басриябгицин лъалеб букIанадай гьесда гIураб даражаялда абун,

Пьесаялъул ахиралда гьев жагьил тIуван къватIив чIвала ва мустахIикъаб тамихIалде ккола.

Пьесаялда Гъазил сипаталъ ккола кIвар бугеб бакI. Гьеб сипаталъулъ ЦIадаса ХIамзатица гвангъун загьир гьарун руго пачалихъияв хъулухъчиясул, чиновникасул бищун хъубал, мекъал рахъал. Гьев багьадурасул сипаталъул кIвар буго жакъа къоялъеги, щай гурелъул гъазиялги, зайналовалги ва гьезда релълъаралги гIемер дандчIвала жакъасеб гIумруялъуль, ай Гъазил сипат ккола сипаттиплъун.

Пьесаялда жанир мекъал, квешал сипатазда цадахъ авторас рихьизарун руго ритIухъал, лъикIал сипаталги. Гьезда гьоркьоса аслияблъун ккола Умайгьанатил сипат. Гьеб сипат рагьизе, Умайгьанатил гIамал-хасияталъул анализ гьабизе кьезе бегьила тIубараб дарс.

Умайгьанатил сипаталъул анализ гьабилалде цебе цин цIалдохъабазда тIадкъала кIвар кьун цIализе тексталда жаниса гьелъул хIакъалъулъ бицунел бакIал ва сценаби. Гьелдаса хадуб классалда тIобитIила Умайгьанатил сипаталл анализ гьабиялда тIасан гара-чIвари, Гьенир баян гьаризе ккола:

Гьелъул аслиял ишал.

Хасияталъул аслиял рахъал.

Гара-чIвариялъул ахиралда Умайгьанатил хасият бихьизабизе бегьила гьадин:

Умайгьанатил хасият

2. ЖамгIияб хIал

3. Гьелъул аслиял ишал.

4. Хасияталъул аслиял рахъал.

Гъазил яс, цоги батIияй лъадуе гьаюрай, партал-хьиталда язихъай, жийго гьайбатай, намусай, сабурай, кьенсер-бер чIегIерай, рачлихъа гIодоре даларал гъалазул, 18 сон барай гIадан.

10 классалъул цIалдохъан. Сельпоялъул хIалтIухъанасул яс.

Школалдаса ячIуна. Айдемирил кагъат цIалула. Аслиятил бетIер ххала. ЧохтIо къазе инкар гьабула. Симнсханида хъвазе, цIализе малъула. Инсуда конституция бичIчIизабула. Жийго гъанкъизе къасд бала. Айдемиргун гара-чIвари гьабула. Асиятгун цадахъ Айдемирил рокъое уна.

ХIалтIи-пиша бокьула, кверда махщел пагьму буго, цIали-лъай бокьула, жиндирго талихIалъе гIоло къеркьола, гIадамазе кумекалъе хIадурай йиго.

Дарсил хIасил гьабулаго, мугIалимас абила Умайгьанатил хасияталъул аслиял рахъал ругин гIаданлъиги пикрабазул рацIцIалъиги.и Гьей йиго намус бацIцIадай, гьабулеб хIалтIулъ мухIканай, хьвада-чIвадиялъулъ узданай гIадан. Умайгьанатил гIамал-хасияталъ гьей йихьизаюла тIокIайлъун сверухъ ругездаса, пьесаялъул цогидал багьадураздаса.

Пьесаялъул анализалъул ахиралда цIалдохъабазда цебе лъела кIиго суал:

Кинаб кIвар бугеб гьеб пьесаялъул жакъасеб магIарул жамагIаталъе, нилъер гIумруялъе?

ЦIадаса ХIамзатица жиндирго пьеса хъвараб сон (1940) букIана пачалихъалда жанир кIудиял лъугьа-бахъинал лъугьараб, лъугьунел рукIараб заманалъул цо этап. Гьеб мехалда гIага-шагарго тIуран рукIана индустриализациялъулги коллективизациялъулги планал, гIодоцулеб букIана репрессиязул хIалуцин, лъугIун букIана Финляндиягун рагъ, амма хIалуцунеб букIана къватIисеб дунялалда ахIвал-хIал ва гь. ц.

ГIакъилав, цIодорав ХIамзатида лъикI ричIчIулел рукIана цIияб жамгIиябгун политикияб гIуцIиялъул тIокIлъабиги гIунгутIабиги.

Пьеса лъазабун хадуб классалда тIобитIизе бегьила конференция. Гьелъие цереккунго хIадур гьарила гьадинал суалал:

Инсанасул рIамал-хасияталъул, рукIа-рахъиналъул, хьвада-чIвадиялъул кинал рахъал къватIир чIвазарулел ругел Щадаса ХIам-затица жиндирго пьесаялда жанир?

Сундулъ бугеб пьесаялъул щибав гIахьалчиясул хаслъи? Кинаб мацI бугеб гьезул щибасул?

Сундулъ бугеб пьесаялъул жамгIиябгун адабияб кIвар? Пьеса лъазабун хадуб, хасаб даре кьезе бегьила гьелда хурхарал адабияталъул теориялъул цо-цо суалал щула гьариялъе.

Кинал суалалха рагъизе кколел гьеб дарсида? ТIоцебе, цIалдохъабазда бичIчIизабизе ккола тип, типлъи, типияб абурал рагIабазул магIна; кIиабизе, драма, комедия, трагедия абурал терминазе баян кьела.

Кинха гьеб дарс гIуцIилеб? Бищун лъикIаб къагIида букIина, тексталъул материалги жанибе бачун, лекциялъул, лекция – гара-чIвариялъул къагIидаялда гIуцIани, доскаялда, тетрадалда аслиял баяналъги хъвалаго.

ГIага-шагарго лекция-гара-чIвариялъул хIасил букIива гьадинаб:

Гьелдаса хадуб мутIалимас цIалдохъабазда бичIчIизабила драма ва комедия щиб жояли.

Комедиялда тIад хIалтIулаго, гьенир ратIа рахъизе ккола сюжеталъул байбихьи (завязка), гьелъул завал (кульминация), бичи (развязка).

Хасаб дарс кьезе ккола комедиялъул маиIалъул анализ гьабиялъе.

Пьесаялъул цогидал гIахьалчагIазул щивасулги буто жиндир тIабигIаталда, гIамал-хасияталда рекъараб мацI.

Внеклассное мероприятие на аварском языке

Лъаларо Мух1амад цогидазул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила

Метер маг1арул мац1 хвезе батани

Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

Нилъеца рахьдал мац1 щибаб санайил 21 февралалъ к1одо гьабула. Гьеб къоялъ гьеб к1одо гьабиялъе г1илла лъалищха, лъимал нужеда?

1952 соналъул 21 февралалда жидерго рахьдал ма1 ц1унун къват1ире рахъарал Банглодешалъул студентазда гьоркьосан чанго студент ч1вала полицейскияз. Гьединлъидал 21 февралалъ гьеб къо к1одо гьабизе х1укму гьабуна ЮНЕСКОялъул генералияб конференциялъ 1999 соналъул 17 ноябралда.2000 абилеб соналдаса нахъе гьеб къо к1одо гьабулеб буго халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул къолъун.

Мац1- гьеб ккола бищун къуватаб т1аг1еллъун, щайин абуни гьеб рахьдал мац1 нилъехъе наслабаз наслабазухъе кьун щолеббуго.

Мац1 гьеч1они гьеч1о миллат. Нилъер халкъияв шаг1ир Мух1амад Ахмадовас г1адада гуро гьал раг1аби абурал:

Мац1 к1очараб миллат молода лъола,

Малидул г1окь кквезе чихут1уларо..

Хут1араб кинабго гьадингояб жо…

Гьардарав бет1ергьан, ц1уне авар мац1!

Нилъер вук1арав президент Мух1у Г1алиевас абухъего жиндирго мац1 лъаларев чи -гьев ккола талих1 къарав чи.

Маг1арул мац1 лъаларев чиясда лъаларо жиндирго тарихги, адабиятги, маданиятги.

Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел мац1азул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан цинги гьеб мац1 бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго.Гьединан нилъер рахъдал мац1ги дагь-дагьккун т1аг1иналъе х1инкъи буго. Нилъер рахьдал мац1 буго дунялалда бищун берцинаб. Нуж кире щваниги, щиб рахъалъан нуж къисматалъ реханиги ц1уне, хириял ц1алдохъаби, нилъерго мац1 .

Дир рахьдал мац1.

Дун гьаюраб къоялъ къулун т1адегун,

Т1егьилан абуна дида эбелалъ;

Гьеб раг1и бук1ана маг1арул мац1алъ

Маг1арул ч1ужуялъ ч1ух1ун абулеб.

Дун якъараб мехалъ хахе меседан,

Дие каранзул рахь кьуна эбелалъ.

Бач1ана дихъе гьеб рахьдада цадахъ

Ди румумузул мац1,дир маг1арул мац1.

Дица гьеб мац1алда бакъул ч1оразде

Дах1аян рит1ана гьит1инал кверал.

Каранде дунги къан, инсуца дие

Гьеб мац1алъ ц1алана ц1одорал харбал.

Дие гьеб мац1алда маг1арулаца

Муг1рузул г1оразул къиса бицина,

Къабих1ав Надиршагь дир умумуца

Асир гьавурав куц дида раг1ана.

Дир муг1рул халкъалъул намусги ц1унун,

Ц1адаве к1анц1арав Гьидалъа Хочбар

Гьеб мац1алъ к1алъана ахираб нухалъ,

Ханасе ч1ег1ераб наг1анаги кьун.

Къоло щуго соналъ Дагъистан ц1унун,

Ц1ум г1адин вагъарав Шамил имамас

Маг1арул мац1алда эркенлъийилан

Ах1ана кьураби кьват1илеб х1алалъ….

Г1урхъи тун бокьула мун маг1арул мац1

Маг1арухъ г1умругун цадахъ бижараб

Гьит1инаб халкъазул къварилъабазухъ

Къойил анищазухъ ва рохелазухъ

Бидулъги маг1илъги бущун гьабураб

Бечелъана, г1уна мун, г1агараб мац1….

Нуж щалали лъазе, лъилали лъазе,

Лъазе гьабе, бабал эбелалъул мац1.

Миллатго гьеч1ейллъун хут1унгут1изе

Хвезе тоге, бабал бищун лъик1аб мац1.

Щуго имамасул, устарзабазул

Дунял х1айранлъарав Х1амзатовасул

кинидахъ ах1арабКеч1- маг1арул мац1,

Моц1рохъе бицарабМаргьа-рахьдал мац1.

Г1орц1идал кьурдулеб кьег1ерг1адинаб

Кьурда басандулеб бурут1 г1адинаб

Дандч1вала лъимал, цо-цо нижее рахьдал мац1 къвариг1ун гьеч1илан гаргадулел эбел-эмен. Гьединал умумузде гьабураб буго гьаб кеч1ги

Мегъ к1очон тараца мац1 рихараца

Нац1 базабун буго Дагъистаналда.

Иванил батула гьоркьоб бицунеб

Лъималазул дарсде яч1инч1ей эбел,

Яч1ун гаргадула директорасда

Дир гьадай яс дуца эркен гьаейин,

Гьабцо родноялъул урокалдаса

Эменги вук1анин дида абулев,

Трудно батани, те жибгойилан …….

Шаруханов : Ц1уне маг1арулал Шамилил къадру ,

къвак1араб имамас ирсалъе тараб,

Тоге къадарлъизе къвак1араб намус.

Хираб мубарикас нахъе ц1унараб.

Рагъул кор боркьараб доб Ах1ул гох1да

ах1улеб раг1ула Шамилица как.

Кор боркьараб рагъда мюридзабазул.

Кьабг1улеб раг1ула хвалчадул гьаракь.

Воре мюридзаби къуркьугейилан

къавукъана Шамил тушманасда т1ад.

Исламалъе г1оло рух1 бичейилан,

хьваг1ана имамас чарамул хвалчен.

Рогьел т1огьазда т1ад рещт1унеб буго

Шамил как ах1изе вуго къач1алев

Къуркьизе къасд гьеч1ел маг1арулазул

Г1урччинаб байрахъалъ бицунеб буго…

Маг1арулал ч1ух1ула жидерго г1алимзабаздасаги. Маданияталъул ва жамг1иял х1арактчаг1аздасаги, хасго районалъул шаг1ирзабаздасаги.

Нилъер районалдаги руго авар мац1 цебе т1езабурал ва цебе т1езабулел шаг1ирзаби. Жиндир мунагьал чурая ашидат Гъайирбекова, гьабсаг1аталдаги бищунго мац1алда т1ад х1алт1улей шаг1ир Бахумеседо Расулова.

М.Гъайирбекова

Риче росуцоял кьурарал гъуждул,

Кьалдасанги вуссун росулъ вугин мун

Кьурул сак1ал гьеч1ел санаца рук1к1ун,

Ругьунаб гьимигун валагье сверухъ

Рещт1а гьаб сидаса свери бахъизе

Дуего рокьулел росдал къват1азда

Щва гьудулзабахъе, ралагье лъалк1ал,

Лъимадул г1ужалда дуцаго тарал.

Муг1алим. Маг1арулазулги Дагъистаналъулги, талих1 буго Р.Х1амзатов, Ф.Г1алиева, Ц1.Х1амзат., Муса Мух1амадов г1адал хъвадурахъаби, дунялалда т1ад рахъин. Гьел ккола унго- унгоял маг1арул мац1ги, ц1арги, ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.

3. Р.Х1амзатовасул т1оцебе къват1ибе биччараб т1ехь.

5. муг1рузул Г1алил ахирисел раг1аби кинал рук1арал?

6. Ц1адаса Х1амзатица жулица щив вухарав?.

Къосинч1ого, хехго жугьаби абиялъул къец

Гъамас босе, СалихIат,

Саргъас босе, СаихIат.

* * * Вай, Шихали, Шихали,

Щверу, щверу – Шихали;

Щверу чIола, Шихали,

Мун чIоларо, Шихали.

* * * Сасабаз сусун цIураб

* * * Нижер СахIи – сурахIи,

Сунареб рекIел бухIи.

Вассал, ясал расандана.

* * Дие гIелмуян ГIали,

ГIарац диеян ГIумар.

ГIабас вуго гIодулев;

ГIабид вуго велъулев.

* * Рокьи ракьулъ бекьарас

Кьалул кьогIлъи кванала.

Кьал бекьун, рокьи ккураз

Рохалил лълъар гьекъола

ХАСАБ ГЬАРАКЬ ГЪОРЛЪ БУГЕЛ РАГIАБАЗДА ТIАСАН ШАРАДАБИ

Гъ -ялдасан байбихьани,

Буго ясалъул чIухIи;

Бегуниса хисун лъуни,

Ханасул цеветел дун. Гъал-лагъ.

Буго чахъдада нахъа,

Буго гIасияб балагь. Магъ – рагъ

Хъублъи ккола дир магIна.

Бихьараб къо-гIакъуба дун. Гъиз – гъин

БоцIул рагIи цIунулеб бакI.

ГIемераб лъел чвахиги дун. Гьор – гIор

БукIуна дун сумалда тIад;

Хъумур кколеб гудурги дун. ТIор – къор

ЦIакъаб рагIи бугоан дун;

Антоним дир ччоборабин. ЦIодораб – гьодораб

* * * Ризаб буго дир антоним,

Дир антоним гIебаб буго. Лъедераб – чIедераб

ГIантаб ккола дир антоним;

ХIалалабин дир антоним. ГIакъилаб – хIарамаб

* * * Мукъсанабин дир антоним,

Кьариябин дир антоним,

Бицанк1аби ч1ваялъул къец.

АхIе кечIан абидал,

АхIи кечIан кIалъалеб,

КIал гьечIеб, гьумер гьечIеб,

Гьаб щиб кIалъалеб бугеб? д а н д е р и ж и

КъунцIарулеб лол буго

– Нахъасан къедго гьечIеб,

КъватIисан хун толареб. кI а л м а цI

* * * ТIогьилаб, тIарс гIадинаб,

ТIегь бакъуде буссараб,

БетIер гIодой къулулеб,

Барсани, тIагIам цIакъал

ТIанчIазул бетIер цIураб. б а къ д е б у с с

Кьер жинца хисулареб,

Хасало гIазда гъоркьги

ГIурччинаб кьер цIунулеб

ЦIар щиб гьаб рохьил гъотIол? н а кI кI и гъ в е тI

* * КьагIрил гIужалда хъахIаб,

Хохол ригьалда чараб,

Чахъдал ригьалъ чIегIерлъун,

ЧIолеб тIагIам щиб кколеб? чI е гI е р гь о л о

Хадироялда магIарулаз абулеб цоги цIар. кьохорхо

ТIипало тIаде бараб гIадин, гьурмада лъугьунел тIанкIал? Т1унт1ра

НахдатIе тIехги щван, гьоцIоги жубан, гьабулеб дандежо? Х1алах1о

Берцинаб махI бахъине, хIарун гъансинибе балеб, гIатIалъе, чайдалъе жубалеб хер? Ташик1о

ТащикIо хIарун лъугьараб жоялда цIар? Х1енех1

ТIасан борчIараб релъанхъи? Г1аг1ади

ХIелкил кочIода цIар? Г1ег1еди

Хехлъиялъул синоним? г1едег1ел

Жинца гьоцIо гьабулареб, гьабулезда гъорлъ букIунеб жо? Пухъна

Гьаваялда, цо бакIалда чIун, хIанчIил боржанхъи? Парпади

ГIатI ххунеб алаталъул устар? Гьабигьан

Къайи баччизе санагIалъиялъе хIамида лъолеб тIагIел? Гъалдибер

БухIараб, лапараб мехалъ чIвалеб лазатаб гьури? Гьогьен

Гъорлъан сихIир, сусур гIамал? Гъванщу

КьучIго гьечIониги, гьабулеб гIайиб? Гъвел

ГьитIинабго гIунгутIи, сакъат? Гъая

МУХЪИЛЪ РАГIАБИ ХИС-ХИСУН ЛЪУН, НАКУ БЕКИЗАБУРАЛ РАГIАБИ ЖИДЕРГО БАКIАЗДА ЛЪУН, КОЧIОЛ МУХЪАЛ РУКIАЛИДЕ РАЧИЯЛЪУЛ КЪЕЦ.

РачIазул квасул хъахIал гIадал сурдул

Бахъана бихьинкету чанай кIиго.

Гьабизе жо бащад щвараб кIиялъго,

Щулияб лъугьана къватIир къотIигун. /ЦI.ХI./

* * * ГохIил каранда гIужалъ бакъ баккулеб

КартIил цер цо батана кIусун кIалтIа

Бакъул паркъолеб салам нуралде кьун,

Бегун бугоан балагьун къанщ-къанщун. /ЦI.ХI./

* * * Мискинаб рукъалъул дун

Барав рукъалда къоно,

Вас инсул къобухIарав. /ЦI.ХI./

* * * Мугъги чIван кутакалде

Бихьулищ пил чIухIараб

ГIадин цIунцIраялъ лолен,

Лъуна гIодоб битIун цIан. /ЦI.ХI./

* * ВукIинчIин шайих тамаша Хочбарги,

ГIурдул чIван ругел тIохIтIа щайдай асул?

Гурин палугьан Гьиматги гIаламат,

Кварал рухьараб гьабго кинаб хIалтIи

ВачIунев вугин бицунаго гьале

Гиькъизин цо жо Гьимат вац ворчIами

- ХIисабги гьабун, гьаб дур хIалтIиялъул

ХIайран жаваб ниж кьеларищ рукIанин. /ЦI.ХI./

Маг1наялда рекъараб цебесеб мухъ хъваялъулкъец.

* * * /____________________, ГIурул лъим цIикIкIун буго.

* * * /_____________________, БачIун тIаде щвана их.

* * * /_____________________, Харил гIархъал гьарула.

* * * /_____________________. ТIалил на боржун ана.

* * * /_____________________, ГъутIби руго берцинлъун.

* * * /_____________________. Бищун бечедаб заман.

* * * /_____________________, Хинаб ретIел ретIана.

* * * /_____________________, ТIаде баккула дерец.

* * /_____________________. Гьури ццидахун буго.

ХIажатал мухъал: 1. Бакъул хинлъиги босун,

2. МагIарда гIазу биун

3. Квачалъ гьалаг гьабураб

4. ГIазу тIаса унаго,

5. ЦIорораб хасел щведал,

6. Хасалихълъи гьеб буго

7. ГIурччинаб ретIел ретIун,

8. ТIоцебесеб тIогьоде

9. Бецун бакъвараб мехалъ.

Тадбиралъул ахиралда киналго г1ахьалчаг1аз маг1арулазул гимн ах1ила.

В ходе нашего похода удалось собрать большой полевой материал, посетить местный музей, побывать в исторической местности Чумлу, а также осмотреть старую архитектуру села – дома Айдемирова (в настоящее время медресе имени Идрис-Эфенди Эндиреевского) и Джамбулатова (магазин). Первый из них представляет собой одноэтажное длинное строение, второй - двухэтажное здание, ранее имевшее балкон с видом на Акташ. Один этаж здесь использовался в качестве магазина, а другой служил его владельцам жилым пространством. Мы также увидели мемориальные доски в честь сотрудников правоохранительных органов из Эндирея и зиярат Койчу-шейха и его сына – мучеников, погибших в годы царизма.

Выводы по итогам мероприятия:

- в Эндирее есть несколько старых кладбищ, которые должны быть рассмотрены на предмет придания им статуса памятников истории и культуры: захоронения рода гуенов, местных князей, турецких воинов. Заслуживает такого же внимания сохранившиеся здания досоветского периода;

- ввиду погодных условий в ходе мероприятия мы не осматривали многочисленные археологические объекты Эндирея, однако считаем необходимым обратить внимание органов государственной власти на ситуацию с Эндиреевским городищем. Во-первых, должно быть исключено угрожающее уникальному объекту использование его для нужд автомобильной и скотопрогонной трасс. Во-вторых, требуется особое внимание для борьбы с лицами, производящими раскопки для незаконного получения предметов старины и полезных ископаемых. В третьих, несмотря на высокую научную ценность, городище остаётся до конца неисследованным, что требует продолжения соответствующих работ.

Читайте также: