Сочинение на аварском рии

Обновлено: 07.07.2024

  • Для учеников 1-11 классов и дошкольников
  • Бесплатные сертификаты учителям и участникам

Дир авар мац1 ц1илъиялде ва ц1униялде галаби.

Авар мац1! Дир берцинаб, ч1ух1араб ва т1адег1анаб маг1арул мац1!

Дир г1агараб маг1арул мац1алда к1алъала дагъистаналъул г1адамазул бищун ц1ик1к1араб къадар. Гьеб мац1алда улбуз кинидахъ ах1ула лъималазе куч1дул, гьеб мац1алда лъималаз улбузе загьир гьабула жидерго рокьи. Рокьи ккарал г1олилаз гьеб мац1алда цоцазе рицуна г1ищкъудул раг1аби. Т1адег1анав Аллагьасда цебе квералги ккун харабаз гьеб мац1алда гьарула дунялалъего рекъел, гьарула балагьал –къварилъабаздаса ц1уни ва бит1ун ккараб ахират.

Огь дир маг1арул мац1,

Дуй лъугьунеб щиб?

Щапун унеб бугин

Дур бакъул горду.

Чияр мац1 бицунеб

ян Расулил мухъазул асаралда гъоркь хъвана дир г1агараб Г!обода росулъа Умагьани Камиловалъ.

Дир пикруялда, рахьдал мац1 т1аг1иналъе ва гьелда к1алъалел г1адамал къо бахъанаг1ан дагьлъулел рук1иналъе г1емерал х1ужжаби руго. Бищунго к1удияб х!ужжалъун рик1к1уна дица Интернет ва гаргаро (телефон). Ахираб г1асруялъ нилъее г1умру бигьалъиялъе ургъараб Интернеталъ г1емераб квешлъиялде рачунел руго нилъ.

Ахираб заманалда, рахьдал мац1алъул рахъ ккун к1алъалаго, г1адамазда гьоркьой дунго чиярайлъун йихьула дида. Дида гьеб ц1акъ зах1малъун бук1уна.

Кин бугонги цох1о гъаримав, пакъирав, жиндирго дарсги бокьулев, маг1арулалги рокьулев авар мац1алъул муг1алим вуго рахьдал мац1 г1ун бач1унеб г1елалда бицинабулев чи. Рахьдал мац1алъул муг1алимасул гъажалда баччун буго к1удияб гьир. Зах1малъун, гьир г1одобе рехани, гьеб буго т1убанго маг1арулазул талих1 къосараб къо.

Дир пикруялда, рахьдал мац1алъ ва гьелда хурхарал г1адатаз ва маданияталъ ккун бук1ана г1адамазул ях1-намус, к1удияздехун адаб ва рук1а-рахъиналъул къаг1ида. Рахьдал мац1 гьеч1ониги къварилъи гьеч1ин ах1долел умумузда гьеб бич1ч1ила херлъарал яги лъималазул кумекалде ккараб къоялъ. Жакъа гьелде х1ажалъич1ониги. Гьеб мехалда лъималаз жидеца мац1 бицунеб халкъалъе г1адатияб гьабила эбел-инсудехун к1алъай ва бербалагьи. Г1адада гуреб диниял чаг1азги г1емераб бицунеб гьелъул.

Мац1 к1очараб милат молода лъола,

Малидул г1оркь кквезе чи хут1уларо…

Хут1араб кинабго гьадингояб жо,

Гьардарав Бет1ергьан, ц1уне Дагъистан! (Мух1амад Ах1мадов.)

Рахьдал мац1 ц1униялда хурхун гьаризе бегьула г1емерал тадбирал. Ахирал соназ гьарулелги руго гьел. Г1айиб гурищха, гьел цодагьабги хехго байбихьизе рес бук1инч1ел. Бищунго цебе районалъул нухмалъулес, росдал бегавулас, школалъул директорас к1вар кьезе ккела жидер мухъалда рахьдал мац1 ц1униялде.

Районалъул нухмалъулес, мисалги бихьизабун, к1вар кьезе ккела рахьдал мац1алда хурхарал тадбиразде. Рекъараб бук1ина живгоги г1ахьаллъани. Г1емер ц1ар раг1арал хъвадарухъаби рахъараб районги бугелъул, лъаг1алида жаниб гьезул творчествоялдасан фестивалал гьабизе бегьилаан. Ах1изе бегьилаан шагьаралдаса рахьдал мац1 ц1униялда т1ад х1алт1улел г1адамал, газетал-журналазул редакторал, авар театралъул артистал.

Росдал нухмалъулезги т1орит1изе бегьила, цогияздаса мисалги босун, умумузул рук1арал лъик1ал байрамкъоял: "Оцбай", "Ахбиччанкъо", "Г1ияда дандч1вай" ва гьел гурел цогидалги. Школалда лъималазе рахьдал мац1алда хурхун гьарулел тадбиразда бергьаразе гьаризе бегьила шапакъатал. Гьединго школалъул директорасги кьезе ккела к1вар авар мац1алъул дарсал школалда кьеялде, лъик1ал муг1алимазаби ралагьун ва гьездаса х1алт1и т1алаб гьабун.

Рахьдал мац1 ц1унилъе муг1алимасги гьабизе ккола г1емераб х1алт1и. Х1алт1улей дагьал гурого саназ гьеч1ониги, дир пикраби кидаго х1алт1ула авар мац1алде лъималазул рокьи бижизабиялда, гьеб к1очене тунгут1иялда т1ад. Дица х1аракат бахъула щибаб ц1ияб дарс ц1алдохъабазул рак1алда хут1улеб, гьезул гъира балеб х1алалъ кьезе. Хурхен гьабула бат1и-бат1иял предметазулгун, г1уц1ула дарс нухда рег1изе суратал, видео, аудио гъорлъ лъурал презентациял. Дарсида т1орит1ула бат1и-бат1иял къецал, ц1ола раг1икъот1ал, т1орит1ула калам цебет1езабиялда хурхарал тадбирал. К1алъала бац1ц1адаб маг1арул мац1алда ва лъималаздасаги гьебго т1алаб гьабула. Пасих1аб каламалда ц1алула дарсида хъвадарухъабазул асарал, пасих1го ц1ализарула ц1алдохъабаздаги.

Киг1ан зах1мат бугониги, дун къеркьезе йиго дир г1агараб мац1алъул къимат борхатго кквеялъе. Аллагьасул кумекалдалъун, дун х1алт1улей школалда лъимал авар мац1 бокьулеллъун ва гьелдасан ч1ух1улеллъун лъугьинариялде к1варги кьезе буго.. Аллагьас хъван батугеги школаздаса рахьдал мац1алъул дарсал гьукъулеб заман бач1ине. Нагагь гьединаб балагь бач1ани нилъер г1агараб авар мац1алде, дица рагьизе буго авар мац1алъул школа. Рахьдал мац1 бокьулел лъималги данде гьарун г1уц1изе руго бат1и- бат1иял тадбирал.

Мац1 гьеч1езул ц1ар бук1унаро, мац1 гьеч1езул рак1 бук1унаро. Рак1алги свараллъун рахъунгеги нилъ.

Аварский язык

Хасел буго г1ажаибаб соналъул заман. Дие бокьула къват1иб квачараб гьава-бакъ ва балеб г1азу. Гордазда т1ад раккулел г1ажаибал суртал. Кибго сверухълъи хъах1лъараб мехалъ рак1алде ккола маргьулъ ругила. Хасало бегьула хъешт1езе чангъазда, лыжазда, х1азе г1азу реч1ч1и ва гьабизе г1азул чи.

Зима - волшебное время года. Мне нравится, когда на улице ясная морозная погода и падает снег. На окнах появляются причудливые рисунки. Когда все вокруг становится белым, кажется, что ты попал в зимнюю сказку. Зимой можно кататься на санках, лыжах, играть в снежки и лепить снеговиков.

Хасало квачан бугеб мехалъ бокьуларо къват1ире рахъине рокъоса. Ва амма г1азу бараб къват1ахъа хьвадулеб мехалъ ва г1азу х1ат1икь къерщолеб мехалъ, рак1 боххун бук1уна! Гьединаб гьава бугеб мехалъ цо бак1алда ч1ун рук1ине бегьуларо. Рилълъани, рекерани, чангъазда хъешт1ани квачаларо!

Когда зимой на улице сильный мороз, то сначала даже не хочется выходить из дома. Однако когда идешь по заснеженной улице, а снег под ногами весело скрипит, на сердце становится так радостно! Главное в такую погоду - не стоять долго на одном месте. Когда двигаешься - ходишь, бегаешь, катаешься на санках - замерзнуть невозможно!

Январалъ нижеца т1обит1ула бищунго г1ажаибаб байрам – Ц1ияб сон. Гьеб заманалъ рак1арула кинабго г1агарлъи ва гьудулзаби, а эбелалъ гьабула гьуинаб квен. Дие бокьула гьеб байрамалъул заманалда гордода рук1унел кьер-кьерал къаполел чирхъал. Бищунго бокьулеб ц1ияб соналъул байрамазда – кьолелги щолелги сайгъатал. Цебе дун божулаан гьел кьолилан Ц1орол Дадаца ва хъвалаан гьесухъе каргътал. Амма эбел-инсухъа сайгъат щвейги лъик1 бук1уна.

В январе мы отмечаем самый интересный праздник - Новый год. В это время собираются все близкие и друзья, а мама готовит вкусные блюда. Мне нравится, когда во время зимних праздников в окнах всех квартир мигают разноцветные лампочки. Самое приятное в новогодних праздниках - дарить и получать подарки. Раньше я верила, что их приносит Дед Мороз, и писала ему письма. Однако и получать подарки от родителей очень интересно!

Хаселалъ нилъее кьола г1емераб берцинлъиги роххелги. Квачалъухъ балагьич1ого бегьула заман инабизе пайдагун сахлъиялъе, ва к1вар буссинабизе нилъер г1агарлъиялде. К1очене бегьуларо хасел абадияб гьеч1еблъи ва кват1ич1ого бач1уна хинаб х1еренаб их.

Зима дарит нам много красоты и веселья. Несмотря на холода, можно проводить время с пользой для здоровья, а также больше внимания уделить своим близким людям. А, кроме того, стоит помнить, что зима не вечна и скоро придет теплая, нежная весна.

(Примечание. Данный текст служит только образовательным целям для изучающих аварский язык, и мы не призываем отмечать новый год, который не относится к исламу).

Нажмите, чтобы узнать подробности

Сочинение на тему:"Сохраним родной язык". Рахьал мац!.


Х1адур гьабуна :

Маг1арул ясаца маг1арул васаз

Маг1арул гуреб мац1 бицуна гъасда.

Эбелалъул рахьгун чорхолъ босараб ,

Басра гьабич1ого ц1уне, рахьдал мац1.

Нилъ руго маг1арулал. Цойгидал халкъаз нилъеда абула аварал абун. Дие ц1акъ бокьула нилъерго халкъалъул г1агараб мац1…Унго унго маг1арул мац1ги , ц1арги , ц1ваги ц1унарал г1емер руго. Гьезда гьоркьоса ккола нилъерго хъвадарухъаби, шаг1ирзаби Расул Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Ц1адаса Х1амзат ва гь.ц.

Маг1арулазда лъазе ккола жалго

Дие кинидахъ кеч1 ах1ана муг1руз ,

Маг1арул мац1алда, маг1арул росулъ .

Босана дица гьеб дидаго цадахъ ,

Дунялалъул нухал рахунеб мехалъ.


Маг1арул мац1алда рахьдал мац1илан ц1ар лъун бугелъул - бегьилищха нилъ гьеб лъаларилан ч1езе? Ч1ух1ун к1алъазе ккела г1агараб , кинидахъ эбелалъ малъараб, лъим г1адин г1едераб мац1алъ.

Гьедин гурищ нилъер Расулица гьеб,

Т1олго дунялалда раг1изабураб

Ц1уне Дагъистанин , бокьа гьебилан,

Бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ ах1араб.

Мац1 ккола рух1анияб бечелъи. Бищун х1ажатаб жо буго гьадинаб заманалда рух1ияб бечелъи ц1уни. Дагъистаналда кидаго бук1араб нилъерго мац1алде, адабияталде ва культураялде, хасго Ват1аналде рокьи. Гьеб киналъго инсанасе я г1арац, я боц1и кьоларо , амма г1аданлъун хут1изавула, има , ях1 бечелъизабула .

Маг1арул мац1 бац1ц1адго бицунел чаг1и къо бахъанаг1ан дагьлъулел руго. Г1урусги маг1арулги жубараб, цо г1ажаибаб мац1 буго г1емерисез бицунеб.

Нилъее авар мац1 х1ажат буго маг1арул миллат ц1унизе.

Мац1 к1очене тани, Шамил к1очена,

Ах1улгох1 билила, Мах1муд лъаларо,

Г1алих1ажи,Ч1анк1а , кици-биценал,

Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.

Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларел

Лъималазул хьвади щибдай бук1ина ? Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалги

Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ ?


Маг1арулал. Бичун босулелда хадур рекерахъдилаго, х1анчи ц1акъго т1аг1ине тела нилъеца бичун босун бажарулареб. Гьебги буго нилъерго умумул ч1ух1улел бук1араб авар мац!!

Нилъерго миллаталдаса ва мац1алдаса ч1ух1изе г1илла буго, киназдасаго г1емер!

Читайте также: