Аварский язык 6 класс конспект

Обновлено: 05.07.2024

щвезаризе; прилагательное лъугьунеб куц баян гьабизе: тексталда прилагательное ратизе; суффиксазулкумекалдалъунприлагательнияллъугьинаризе; хасалихълъиялъулхIакъалъулъбицине, гьелъиекколелгIаламаталзагьиргьабизе.

Алатал: Таблицаби, компьютер, тIабигIаталъулсуратал, карточкаби, тестал.

Хирияллъимал! Жакъабугонилъеррагьарабдарс. ДарсидагIахьаллъигьабулеббуготIадерачIаралгьалбаз. АбибугогьоболвачIунаребкъобачIунгегиян. ГьоболгIемерасулгIумруберцинаб бук1унилан абула. Нилъецагьелкиналгоялкъабулгьарула. Жакъасебдарсил тема кколанилъеркаламалъулбутIаприлагательноялдатIасантакраргьабиялъулдарс. Нилъецадарсида хал гьабилакинабдаражаялданилъедагьеблъалебали.

Дарсиданилъецажакъа прилагательноялъулграмматикиял г1аламатал чIезарилавамисалалрачунбихьизабила.

Баян гьаби: БитIунбуго, лъимал. Прилагательноялъзагьиргьабулапредметалъулхасиятсипат. Кинаб? Кинав? Кинай? Кинал? абуралсуалазежаваблъунгибачIуна.

-РачIа, лъимал, гьалприлагательноязедандекколелпредметиялцIаралратизе.

ХIеренай ,цебесеб , гIагараб , меседилаб , гьуинаб, инсулаб, чармилаб, тIагIамаб.

Б) ТIасабищул диктант.

ПрилагательноялратIаросунхъвазе.

Гiат1идаб вабечедабВIатанбугонилъер. НилъергьайбатабВатIаналдаругочIахIиялрохьал, рорхаталмугIрул. МугIруздасанчвахулелругохехалгIорал. ГьениррижулатIагIамалпихъал. РорхаталмугIруздакваналагIиял. Гьезнилъеекьолакьариябгьан, беэнабхIан, тамахаб квас, гьуинабрахь. РакI пана гьабуланилъерВатIаналъултIабигIаталъ.

-Лъимал, тексталдагIемерлъулформаялдаругелприлагательноялрате. (бицун)

ЧIахIиялрохьал, рорхаталмугIрул, хехалгIорал, тIагIамалпихъал.

ГIатIидаб, бечедаб, гьайбатаб, кьарияб, беэнаб, тамахаб, гьуинаб. -Лъимал, щибжокколебВатIан?

НижерВатIанкколаЦIобокь-Миякьо, Дагъистан, Россия. - РачIалъималнилъецагьабкIиябгопредметиябцIаралъедандекколелприлагательноялхъвазин.

Эбел- хIеренай, хIалимаййокьулей, разияй, берцинай, хирияйгIагарай,гурхIулей.

ВатIан- гIагараб, кIудияб, хирияб, берцинаб, бокьулеб, гьайбатаб, бечедаб, чIухIараб.

Баян: Лъимал, эбелгиВатIангикколаинсанасебищунгогIагаралрагIаби. ГьелрагIабазеургъаралприлагательноялцоцадарелълъаралруго. ГьелъулмагIнакколаэбелйокьуларесеВатIангибокьуларилан. ЭбелцIуникколаВатIанцIуни, ялъуниВатIанцIуникколаэбелцIуни.

В). ПредложениялгIуцIегьалрагIабигун: эбел, ВатIан.

- Киналкицабилъалелнужеда? (лъалелкицаби рицине)

Г). ТворчествиябхалтIи. (ТIанкIазулбакIалдаприлагательнояллъезе, хал гьабизетексталъулъккарабхиса-басиялда)

… роолкъояллъугIана. ТIадещвана … хасалихълъи. Хасалихъекъоялкъокълъула. ГIадамаз … ретIелретIуна. Милъиршаби … улкабаздеунелнухдаратила. ГъутIбуздаса . , … , … тIанхалгъунелруго. РагIа- ракьангьечIелгIатIилъабаздасан … гьурипулеббуго. ГIадамазжидергоахикьа … бачIинбакIарулеббуго.

Кинабхиса-баси ккарабтексталдажанибпредметиябцIаргун прилагательное лъурабмехалъ?

-МагIнаялъулрахъалъ текст цIубана.

БIитунбуго, лъимал, шагIирзабазвахъвадарухъабазжидергоасаралхъвазехIалтизарулаэпитетал-прилагательноял.

БитIунбуго, лъимал. Гьалежегинилъедагьоболлъухъбугохасалихълъи. Гьелдамеседилабиланабула. ЩайгурелъудалхасалихълъикколакьучIдасанготIабигIаталъулсуратхисизабулеблъагIалилзаман. ДагьалцерегIанцинруччунгIурччинготIанхазулцIунрукIаралгъутIбитIасатIанхалгигъенон, янгъизго, бесдаллъунхутулелруго. Сверухълъиялъул хал гьабурабмехалъ, меседгIодобхьварабгIадин, ракьгоцIунбугогIажаибалтIанхаз. Абибуго, лъимал, хасалихъеясалберцинлъулилан.

ГIалхулхIайваналгихасалоялдехIадурлъулахасалихълъиялъулмоцIазда. ГьелжидергорукIназухърахчула. Гьезжидеегонахърателгьабула, гIадамазгогIадин.

Д). Лъимал, хасалихълъиялдерахъаралкиналкучIдуллъалелнужеда?

РачIа, лъимал, гьанжегьабтексталъулахирисебпредложениялъетIубарабсинтажисияб разбор гьабизе.

(ГIадат, хабар предложениял, тIибитI, тIубпредложениял,бетI. членал: гIадамаз, бакIарулеббуго; бетIгурелчленал: жидерго, ахакьа, гьарзаяб).

Е). Морфологияб разбор (бицун)

Берцинаб – прилагательное, берцинаб, качест.,гь.ж, цолъул форма.

Меседилаб – прилагатель.,Меседилаб, гьоркь. прил. гь.ж, цолъул форма.

Качествиял, бетергьанлъиялъулал, гьоркьоблъиялъулал.

Качествиял Гьоркьосел Бетергьанлъиял

ЦIакъаб Жакъасебкъо Царалабпакру

Хехав ГIарцулабрачел ИнсулабтIалаб

ТIагIамаб Гъоркьисияб сон БацIиллгIамал

Гьарзаяб- 3сл, уд 2сл, рагь. гь [а], [а], [йа]

Рагьукъ- гь [гь] , [р] ,[у] , [к] 7х 8гь.

Ж). Падежаздесверизе (бицун): тIогьилалтIанхал, кIудияв.

-ая, -яб,- себ,- суффиксазулкумекалдалъун.

ХIалти 1 гьум 66

ХIалти 4 гьум 67

--Гьалприлагательноязесинонималратизе. КиналрагIабаздесинонималабулеб? (бицун,слайд)

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил алатал: компьютер, интерактивияб доска, призентация.

Дарсил ин.

Ассаламу г1алайкум,
Аваразул миллат – мац1,
Адаб кьоч1ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб.

Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго.

Аваразул пашманлъи –

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

-Лъимал, лъалищ нужеда гьал коч1ол мухъазул автор щивали?

-Кинал маг1арулалха гьел кколел гьезда рахьдал мац1 лъалеб гьеч1они? Рач1аха, нилъеца х1аракат бахъила лъик1 магIарул мацI лъазабизе. Жакъа нилъер дарсил тема буго прилагательное.

Рокъобе хӀалтӀиялъул хал гьабила.

Арал темабазда т1асан фронталияб гьикьи гьабила, гьез жавабал кьела:

1)Предметияб цIар сунда абулеб? Мисал баче.

2) РекIехъе падежазул суалал рице.

3) Авар мацІалда цІиял рагІаби лъугьаналъе кинал къагІидаби ругел? Мисал баче.

4) Журарал рагІабазул битІунхъвай бице. Мисал баче.

5) Журарал къокъ гьарурал рагІаби кин цІалулел? Мисал баче.

Предложениялъул членазде риххе кьела.

Исана хинаб хасел бачІана.

Исана хасел хинаб буго. (Слайд№3)

Предметияб цIаралъул морфологияб разбор. (хасел) (Слайд№4)

ЦӀияб тема.

-Жакъа нилъеца бицине буго цIияб каламалъул бут1а –прилагательноялъул х1акъалъулъ. Хъвай, лъимал, нужеца дарсил тема тетрадазда.

Морфология ккола мацІазул гІелмуялъул цо бутІа. Гьелда гъорлъе уна:

2)гьезул грамматикиял гІаламатал

3)каламалул бутІаби формабазде хисиялъул къагІидаби.

Прилагательное нилъеда батула художествияб литератураялда куч1дузулъ ва харбазулъ.

Прилагательное абула предметалъул гІаламатал рихьизарулеб ва кинав? (-б, -й, -л,) абурал суалазе жаваблъун бачІунеб каламалъул бутІаялда: цІакъав вас, цІакъаб чу, цІакай яс.

Прилагательное хисула жинсазде ва формаялде.

Прилагательное предметияб цІаргун рекъон ккола жинсалъулъги цолъул ва гІемерлъул формаялъулъги: лебалав чи, лебалай чІужу.

Прилагательное бикьула лъабго бутІаялде: качествиял, гьоркьоблъиялъулал ва бетІергьанлъиялъулал прилагательноял

Качествиял ккола жидеца загьир гьабулеб хасият, сипат батІи-батІияб даражаялъул букІунел прилагательноял. Мисалал: цІакъаб чу буго гьаб; цобцояб жеги цІакъаб буго; бищунго цІакъаб къватІибго бачІун гьечІо. (Слайд№5)

Материалалдехун, бакІалдехун, заманалдехун предметалъул бугеб хурхен бихьизабула гьоркьоблъиялъул прилагательнояз. Мисалал: гІарцулаб рачел, жакъасеб къо. (Слайд№6)

Гьоркьоблъиялъул прилагательноялъул дандекквеялъулаб даража букІунаро.

Предметалъул гьоркьоблъиялъулаб бетІергьанлъи загьир гьабула бетІергьанлъиялъулал прилагательнояз: инсулаб тІалаб, борхьилаб хасият. (Слайд№7)

Словарияб х1алт1и.

Азал-мегIералда цIар

Алхар- мегIералда цIар

КIкIал – ущелье

Къапила -толпа(Слайд№8)

Т1ехьалдасан х1алт1и т1убала:

Х1алт1и №1 гьум.60 (Жидеца сипат-сурат гьабулел предметиял цIаралгун цадахъ прилагательноял ратIа росун хъвазе. Предметияб цIаралдасан суал лъезе).


(Учителас К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабила).

Берзул диктант.

х1алт1и №5, 61 гьумер. (ГъалатI биччачIого 40 секундалде кIочIол текст цIализе тIамила. Тексталда ругел прилагательноял ратIа росун хъвала. Гьезде предметиял цIараздасан суалал лъезе тIамила)


Цияб тема щула гьаби.

(Предложениял членазде рихизе. ТIоцебе хIалтIи тIубарав лъабгоясе къимат лъела.)

А) ЛъикIай Асма цIалдолей йиго. Нижер Асма лъикIай йиго.

Б)Къинаб гIака рокъоб тана. Гьаб гIака кинаб буго.

В) ЧIухIараб шагьаралде щвана ниж. Гьазул шагьар чIухIараб буго.

Лъимал, лъалищ нужеда лъица гьал коч1ол цIар ва автор щивали?

А) Вач1унев вихьула лъабго нухлулав

КIал ч1ег1ераб х1ама цебеги къот1ун.

Б) Пилалъ халатал къалал

Доре -гьанир хьвагIана,

Гьелъул хванхилъги рекIун,

БакI ккун, цIунцIраги чIана.

(ЦI. ХIамзат «Пилги ЦIунцIраги)

В) БукIана кIудияб Крымалъул ах,

Авлахъал багIарлъун рукIана тIугьдуз.

Творческияб хIалтIи.

-Доскаялда бугеб росдал сураталда тIасан, гъорлъе прилагательнояги ккезарун гьитIинабго сочинение хъвай.

Дарсил хӀасил.

Прилагательное сунда абулеб?

Прилагательное гІемерисеб мехалъ кинаб предложениялъул членлъун кколеб?

Гьоркьоблъиялъул прилагательнояз щиб бихьизабулеб? (Слайд№11)

Рокъобе хӀалтӀи.

-Лъимал, нилъер росдал ракьалда руго гIемерал бакIал. Гьел бакIазда лъурал цIарал гIуцIун руго батIи-батIиял каламалъул бутIабаздаса. Прилагательное гъорлъ бугеб бакIазда цIарал( топонимал) хъвай. (Слайд№12)


МацI цIуни, гьеб нилъерго гъасда бици ва лъималазда малъи щивав чиясул тIадаб налъи букIин бичIчIизабизе.

ХIажалъулеб алат: мацIалда хурхарал кицаби, абиял, цитатаби, презентация.

МугIалимасул цеберагIи:

21 феврвль чIезабун буго халкъазда гьоркьосеб мацIазул къолъун. Жакъасеб дарс дие рагьизе бокьун буго гьал мухъаздалъун:

Лъаларо , МухIамад, цогидазул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абула,

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хвайги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун…

- Лъица хъварал рагIаби гьал кколел?

- Нилъер гьитIинаб Дагъистанги, Дагъистаналъул мацIазул цояблъун кколеб авар мацIги тIолабго дунялалда рагIизабизе гIураб гьунар жиндие тIадегIанав Аллагьас кьурав шагIир Р.ХIамзатовас хъвана.

ЦIалдохъан: МацI лъачIого гьабичIо гьаб дунял. РагIи букIинчIебани, дунял гьадинаб букIинароан. МацI лъачIого кечI гьаби, лъим лъачIого гIурулъе лъугьин буго.

МугIалим: Гьадин хъвалеб буго мацIалъул хIакъалъулъ Расулица.

МацI – чан батIияб магIнаялда нужеда гьеб бичIулеб? Цо бугонит - авар мацI, гIурус мацI, кIиабизе бугони - кIалдиб бугеб мацI.

Гьеб кIиябго мацI рекъон хIалтIани кIудиял ишал тIуразаризе кIола:

Вахунесе мегIер тIуц гьабула,

ТIерхьунезе кIкIал битIизабула,

Чвахулеб гIоралда тIасан кьо лъола,

Кьурул нухазул шагьра гьабула.

(Р.ХIамзатов)

ЦIалдохъан:

МугIалим: Нилъеда киназдаго лъалаха нилъер гIумру киниялдаса байбихьулеблъи. Гьениб рагIулел, киниялдеги къулун эбелалъ рахьдал мацIалъ кечI ахIичIев чи нилъеда гьоркьов ватиларо. Гьединги батила гьеб нилъеда лъикI лъалеб.

ЦIалдохъан:

МагIарул мацI

Дие кинидахъ кечI ахIана мугIруз,

МагIарул мацIалда магIарул росулъ.

Босана дица гьеб дидаго цадахъ,

Дунялалда нухал рахулеб мехалъ.

МугI алим: Гьедин хъвалеб буго, дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул председатель МухIамад АхIмадовас.

- Киса кколев МухIамад АхIмадов? (Гъуниб районалъул Гьонода росулъа).

ЦIалдохъан: РагIи – гьеб буго магIна, нагIана, барки, пикру, унти, сурат, берцинлъи, бакъан, гьаракь. РагIи – гьеб буго тIехь.

МугIалим:

Нилъеца гьедин абизе бегьуларо. Щибаб миллаталъул чиясе жиндирго мацI хирияб буго. Гьединлъидал магIаруласги жиндирго авар мацI лъачIолъиялъ абулеб буго гьеб.

Нилъер мацI – гьеб буго авар мацI. Гьеб нилъее бокьизе ккола. Дие бокьулаха. Нужее бокьулищ, лъимал?

ГIадамазе жидерго мацI хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб гIадаб жо. Холаго гIадамаз ирсалъе тола бечелъи, боцIи ва цогидабги. Наслабаз наслабазе хисичIого ирсалъе толеб жо ккола мацI.

ЦIалдохъаби: (ЯчIуна цее кIиго яс херазул ретIелги ретIун)

Я бетIергьан Аллагь, эбелалъул мацI лъагеги дур лъималазда.

Дур турщузда лъарабги кIочон таги.

МугIалим: ХIисаб гьабидал гьаб хьандеялъул цIакъго гъваридаб магIна буго. Рахьдал мацI лъачIони цоги лъазабизе бегьила, лъарабги кIочон тани щибдай букIина?

- Вай дур мацI бахъаяв, вай дуда гьудулалъул цIар кIочон таяв, къваригIелалъ витIарасда дуца абураб гIаксалда бичIчIаяв, сапаралдаса вуссарав росулъе щолелъул салам кьезе кIочаяв, кIалдиса цабиги рортун, пештIелев хутIаяв. Эбелалъ малъараб мацIалъ кIалъалев чи дуда вичIчIугеяв. КъварилъичIого дун кин гIодилей, йохичIого кин елъилей. Чи хвечIого гьабулеб магIу кинаб букIунеб?

ЦIалдохъан (Расул ХI. гIадин ретIа-къан):

-Вай баркала яц, гьеб хьамиги нагIанаги дие гIунги тIокI буго. ЦЦинго бахъичIого гьедин хьандарай мун, ццин бахъун хадуса щибдай хьвагIила дуца?

МугIалим: МагIарулазул хьандеял ва нагIанаби гIемерал руго. Нилъеца бицунеб буго гIицIго мацIалъул хIакъалъулъ.

ЦIалдохъаби:

- Я Аллагь, мацI малъизе чи тIагIун хутIаги дур лъимал.

- Малъараб босизе чи тIагIун хутIаги дуралги.

МугIалим: Гьеб чIобогояб хьами гуро, лъимал. МагIарулаз хIакъикъаталдаги хIурмат тола гIагараб мацIалъул хIурмат тарасул.

МугIалим: «ГIагараб авар мацI! Дир кинабго бечелъи, кинабго хазина. Дир дарман, дир гьаракь. Дуца квер ккун витIана дун гьитIинаб росулъа кIудияб дунялалде.

(КочIол тема ва идея рагьизе тIамила гIадатияб анализалдалъун).

Гьелъухъего гIенеккеха цоги ккараб ишалъухъ.

МугIалим: РагIиялъе гIоло, ракьалъе гIоло гIадин рагъула магIарулал. МацI чияс тIабигIат цIунулеб гIадин цIунула ва цIунизеги ккола. МацI хвезабулев чи вуго хуриб сусур гIезабулев чи.

ЦIалдохъан: МацI буго тIамулеб лал. Нилъеца гьеб лал рехизе ккола, тIорщел бищизе ккола, хине ккола, хадуб буцун, бежун цо бутIа кваназе, цоги бутIа цIидасан хуриб хьазе ккола, хур бачIагиян.

ЦIалдохъан: РагIи – тамахаб квас,

КучIдул руго буртаби.

Квас самула, бухула,

Гьел буртаби гьарула.

РагIаби руго кунал,

КучIдул руго тIансаби,

Кун белъула, бессула,

Гьел тIансаби гьаризе.

МугIалим: Гьедин ахIана Расулица, ва гьединал берцинал рагIабаз бессун, меседил хIарпаз къачIан гьаруна гьес жиндирго кучIдулги.

ГIенеккея лъимал, цо мацI лъангутIиялъул кколеб щинаб квал-квал бихьизе.

Гьедин мацI лъангутIиялъ гIумруялъе квал-квал ккаралги гIемерал руго.

ЦIалдохъан: Халкъияв лаказул шагIир А. Гъафуров лъаларев чи нилъеда гъолъ ватиларо. Гьес, жиндидагоги лъалелъул лъан лъикIаб букIинилан магIарул мацIан, ЦIада росулъе витIун вуго вас. Вуссараб мехалъ васасда гьикъун буго:

- АнцIгоялде щвезегIан малъизе лъалищ?

Лъабго нухалъ тIатIала къверкъ кьуруса гъорлъе кIанцIана, - ян абизе кIолищ?

Гьеб кIолеб батани, кIвезе буго дуда гIункIрукьалъ кIал бацIцIине, - ян абун буго АбутIалибица.

Гьез ракIазулъ гIищкъуялъулги, магIнаялъулги, рокьулги, гIакълуялъулги матIаби кенчIезарула.

МагIарул мацI лъазабурай гIурус яс васасе ячине изну кьун буго эбелалъ. ГьедигIанги хирияб буго щивав чиясе жиндирго мацI. Кинидахъ эбелалъ тIоцебесеб кечI ахIараб рахьдал мацIалъе нилъ хисизе бегьуларо.

ЦIуне, лъимал, нилъерго мацI, хазина гIадин. Дица абулеб гьечIо нужеца цоги мацI лъазабугеян, бицугеян. Ва амма нилъерго мацI кидаго тIоцебесеблъун, бищун бокьулеблъун букIине ккола.

ЦIалдохъан: ДИЦА МАЦI ЦIУНИЛА, ЦIУМАЗ БУСЕН ГIАДИН!

ЦIалдохъан: ДИЦА МАЦI ЦIУНИЛА РЕКIЕЛ КIУТIИЛЪУН!

МугIалим: Жакъасеб дарс лъугIизе тезе бокьун буго М. АхIмадовасул гьал рагIабаздалъун:

Дарсил мурад: Прилагательноялъул грамматикияб гIаламатал ракIалде
щвезаризе; прилагательное лъугьунеб куц баян гьабизе: тексталда прилагательное ратизе; суффиксазул кумекалдалъун прилагательниял лъугьинаризе; хасалихълъиялъул хIакъалъулъ бицине, гьелъие кколел гIаламатал загьир гьабизе.
Алатал: Таблицаби, компьютер, тIабигIаталъул суратал, карточкаби, тестал.

Дарсил ин
Дарс байбихьи .
Такрар гьаби
А) Цебераг1и.

Оценить 2026 0

6 класс

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Абдулмагомедова Жамилат Магомедовна

Тема : Прилагательное.

Дарсил мурад: Прилагательноялъул грамматикияб гIаламатал ракIалде

щвезаризе; прилагательное лъугьунеб куц баян гьабизе: тексталда прилагательное ратизе; суффиксазул кумекалдалъун прилагательниял лъугьинаризе; хасалихълъиялъул хIакъалъулъ бицине, гьелъие кколел гIаламатал загьир гьабизе.

Алатал: Таблицаби, компьютер, тIабигIаталъул суратал, карточкаби, тестал.

Дарсил ин

Хириял лъимал! Жакъа буго нилъер рагьараб дарс. Дарсида гIахьаллъи гьабулеб буго тIаде рачIарал гьалбаз. Аби буго гьобол вачIунареб къо бачIунгегиян. Гьобол гIемерасул гIумру берцинаб бук1унилан абула. Нилъеца гьел киналгоял къабул гьарула. Жакъасеб дарсил тема ккола нилъер каламалъул бутIа прилагательноялда тIасан такрар гьабиялъул дарс. Нилъеца дарсида хал гьабила кинаб даражаялда нилъеда гьеб лъалебали.

Дарсида нилъеца жакъа прилагательноялъул грамматикиял г1аламатал чIезарила ва мисалал рачун бихьизабила.

(3-го цIалдохъанасухъе карточкаби кьела)

- Лъица бицинеб кинаб каламалъул бутIа кколеб прилагательное?

- Щиб гьелъ бихьизабулеб?

- Кинал суалазе жаваблъун бачIунеб?

Баян гьаби : БитIун буго, лъимал. Прилагательноялъ загьир гьабула предметалъул хасият сипат. Кинаб? Кинав? Кинай? Кинал? абурал суалазе жаваблъунги бачIуна.

-РачIа, лъимал, гьал прилагательноязе данде кколел предметиял цIарал ратизе.

ХIеренай , цебесеб , гIагараб , меседилаб , гьуинаб, инсулаб, чармилаб, тIагIамаб.

Гьал прилагательноял жинсгун формаялъулъ кинаб каламалъул бутIагун рекъон ккун бугеб?

Б) ТIасабищул диктант.

Прилагательноял ратIа росун хъвазе.

Гiат1идаб ва бечедаб ВIатан буго нилъер. Нилъер гьайбатаб ВатIаналда руго чIахIиял рохьал, рорхатал мугIрул. МугIруздасан чвахулел руго хехал гIорал. Гьенир рижула тIагIамал пихъал. Рорхатал мугIрузда кванала гIиял. Гьез нилъее кьола кьарияб гьан, беэнаб хIан, тамахаб квас, гьуинаб рахь. РакI пана гьабула нилъер ВатIаналъул тIабигIаталъ.

-Лъимал, тексталда гIемерлъул формаялда ругел прилагательноял рате. (бицун)

ЧIахIиял рохьал, рорхатал мугIрул, хехал гIорал, тIагIамал пихъал.

-Лъимал, цолъул формаялда ругел прилагательноял рате.

ГIатIидаб, бечедаб, гьайбатаб, кьарияб, беэнаб, тамахаб, гьуинаб. -Лъимал, щиб жо кколеб ВатIан?

ВатIан буго щивав чи гIураб ва вижараб бакI. - Нужер ВатIан щиб кколеб?

Нижер ВатIан ккола ЦIобокь-Миякьо, Дагъистан, Россия. - РачIа лъимал нилъеца гьаб кIиябго предметияб цIаралъе данде кколел прилагательноял хъвазин.

Эбел- хIеренай, хIалимай йокьулей, разияй, берцинай, хирияй гIагарай,гурхIулей.

ВатIан- гIагараб, кIудияб, хирияб, берцинаб, бокьулеб, гьайбатаб, бечедаб, чIухIараб.

Баян: Лъимал, эбелги ВатIанги ккола инсанасе бищунго гIагарал рагIаби. Гьел рагIабазе ургъарал прилагательноял цоцада релълъарал руго. Гьелъул магIна ккола эбел йокьуларесе ВатIанги бокьуларилан. Эбел цIуни ккола ВатIан цIуни, ялъуни ВатIан цIуни ккола эбел цIуни.

В). Предложениял гIуцIе гьал рагIабигун: эбел, ВатIан.

Хирияб ВатIан цIунизе ккола нилъеца. Дие гIумру кьурай гIадан ккола эбел

- Кинал кицаби лъалел нужеда? (лъалел кицаби рицине)

Г). Творчествияб халтIи. (ТIанкIазул бакIалда прилагательноял лъезе, хал гьабизе тексталъулъ ккараб хиса-басиялда)

… роол къоял лъугIана. ТIаде щвана … хасалихълъи. Хасалихъе къоял къокълъула. ГIадамаз … ретIел ретIуна. Милъиршаби … улкабазде унел нухда ратила. ГъутIбуздаса . , … , … тIанхал гъунел руго. РагIа- ракьан гьечIел гIатIилъабаздасан … гьури пулеб буго. ГIадамаз жидерго ахикьа … бачIин бакIарулеб буго.

Кинаб хиса-баси ккараб тексталда жаниб предметияб цIаргун прилагательное лъураб мехалъ?

-МагIнаялъул рахъалъ текст цIубана.

БIитун буго, лъимал, шагIирзабаз ва хъвадарухъабаз жидерго асарал хъвазе хIалтизарула эпитетал-прилагательноял.

-Гьаб тексталда лъагIалил кинаб заманалъул бищунеб бугеб?

-Хасалихълъиялъул моцIаллъун кинал моцIал колел?

-Кинаб хиса-баси кколеб тIабигIаталъул?

БитIун буго, лъимал. Гьале жеги нилъеда гьоболлъухъ буго хасалихълъи. Гьелда меседилабилан абула. Щай гурелъудал хасалихълъи ккола кьучIдасанго тIабигIаталъул сурат хисизабулеб лъагIалил заман. Дагьал церегIанцин руччун гIурччинго тIанхазул цIун рукIарал гъутIби тIаса тIанхалги гъенон, янгъизго, бесдаллъун хутулел руго. Сверухълъиялъул хал гьабураб мехалъ, месед гIодоб хьвараб гIадин, ракьго цIун буго гIажаибал тIанхаз. Аби буго, лъимал, хасалихъе ясал берцинлъулилан.

ГIалхул хIайваналги хасалоялде хIадурлъула хасалихълъиялъул моцIазда. Гьел жидерго рукIназухъ рахчула. Гьез жидеего нахърател гьабула, гIадамазго гIадин.

Д). Лъимал, хасалихълъиялде рахъарал кинал кучIдул лъалел нужеда?

ГIурус поэтазул лъие бищунго бокьулеб букIараб хасалихълъи?

РачIа, лъимал, гьанже гьаб тексталъул ахирисеб предложениялъе тIубараб синтажисияб разбор гьабизе.

ГIадамаз жидерго ахакьа гьарзаяб бачIин бакIарулеб буго.

(ГIадат, хабар предложениял, тIибитI, тIуб предложениял,бетI. членал: гIадамаз, бакIарулеб буго; бетI гурел членал: жидерго, ахакьа, гьарзаяб).

Е). Морфологияб разбор (бицун)

Берцинаб – прилагательное, берцинаб, качест.,гь.ж, цолъул форма.

Меседилаб – прилагатель., Меседилаб, гьоркь. прил. гь.ж, цолъул форма.

Прилагательноял кина-кинал рукIунел? (бицун)

Качествиял, бетергьанлъиялъулал, гьоркьоблъиялъулал.

Качествиял Гьоркьосел Бетергьанлъиял

ЦIакъаб Жакъасеб къо Царалаб пакру

Хехав ГIарцулаб рачел Инсулаб тIалаб

ТIагIамаб Гъоркьисияб сон БацIилл гIамал

Гьарзаяб- 3сл, уд 2сл, рагь. гь [а], [а], [йа]

Рагьукъ- гь [гь] , [р] ,[у] , [к] 7х 8гь.

Ж). Падежазде сверизе (бицун): тIогьилал тIанхал, кIудияв.

Прилагательноял падежазде кин сверулел.

Прилагательноял падежазде сверуларо.

Сверула предметияб цIаралъул бакIалда хIалтIизабулаго.

Предметияб цIаргун цадахъ.

Прилагательное кин лъугьунеб?

-ая, -яб,- себ,- суффиксазул кумекалдалъун.

ХIалти 1 гьум 66

ХIалти 4 гьум 67

--Гьал прилагательноязе синонимал ратизе. Кинал рагIабазде синонимал абулеб? (бицун,слайд)

Бечедаб – гьарзаяб, гIемераб.

--Антонимал кинал рагIаби кколел? (бицун,слайд)

Рорхатал – тIуцал, лъухъал.

--РичIчIуларел рагIабазе баян.(слайд)

ХIалти 7 гьум. 60.

--Гьоркьохъеб жинсалъул ахир бугеб прилагательноял хъван, цIезаре гьал къотIелаб.

Читайте также: