Дир хъизан сочинение на аварском

Обновлено: 05.07.2024

  • Для учеников 1-11 классов и дошкольников
  • Бесплатные сертификаты учителям и участникам

Класстун къват1исеб тадбир.

Мурадал 1.Лъималазул маг1арул мац1алде ва адабияталде рокьи бижинабизе.

2.К1алзул калам цебет1езаби,лъималазул раг1абазул къадар ц1ик1к1инаби.Лъималазул лъайгун бажари борхизаби.

Алатал:авар мац1 беццарал лозунгал абиял "Метер маг1арул мац1 хвезе батани хваги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун"

1.Байбихьи:Класс ва лъимал тадбиралде х1адур гьарил а,тадбиралъул мурад бицина,тадбиралъул х1алт1и г1уц1иялъул къаг1идалъулгун лъай-хъвай гьабила….

Учителасул накъит :г1адатияб бич1ч1улеб мац1алда маг1арул мац1алъе къимат кьела,гьелъул к1варалъул бицина ,гьелде ва адабияталде рокьи бижинабулеб калам г1уц1

Гьал раг1абазул жутал рате:бакизе-баккизе,бичизе-биччизе,бесизе-бессизе .К1иабилеб т1адкъай:Асмаца абуна :къа,лъималаз т1аде жубала ахир раг1и лъугьинабизе.Си ва гь.ц.(бегьула г1емерал раг1аби ургъизе) Лъабабилеб т1адкъай.Т1аде слогалги журан раг1аби г1уц1е:Гьо ………….Масала:гьоло .Хъа-,х1а-,са,т1а,ва,да,ва гь .ц. Ункъабилеб т1адкъай. Цо х1арп хисун ,ц1иял раг1аби лъугьинаре:Масала:гул-жул.Хер-,гор-,бел-,мухъ-,зар-. Щуабилеб т1адкъай. Росабазул ц1арал хъвайт1аде х1арпал журан:Масала:Кокрек.К1-р-т1а,Хун-хъ,Т1у-т1а,Каз-к,Ле-аул,Си-хъ,Гу-бет . Анлъабилеб т1адкъай . Гьал раг1аби бит1ун хъван ругищ?Аварг1ор,кьили-мег1ер,г1алагъважа,Ах1улгох1,г1и-боц1и,К1удияб росу .Анкьабилеб т1адкъай .Кьурал раг1абаздаса х1арпалги хисизарун,ц1иял раг1аби лъугьинаре:Ислам (Сали,Салам,масала,мисал) .Лах1зат (лах1,х1ал,зал,х1атта).Раса (асар,рас,сас) Микьабилеб т1адкъай .Кицабазул маг1на гьабе:Бекьич1еб хур бецулареб. Вихьизе ц1ум-ватизе г1анк1у.Г1акълу гьеч1еб бет1ер-ц1а гьеч1еб чирахъ . Ич1абилеб т1адкъай . Хабар г1уц1е("Гьудулзаби ")Масала :ц1ад балеб къо бук1ана…….Иргадал командалъул членас цоцада маг1наялъул рахъалъ рухьарал предложениял журала,бергьуна г1емер предложениял ургъараб команда .Анц1абилеб т1адкъай. Гьал раг1аби г1емерлъул формаялда лъе:кету,чу,рукъ,стол,ц1а,цер,ах. Анц1ила цоабилеб т1адкъай .Й-х1арпалдасан байбихьулеб 5 –го раг1и ургъе..Масала:йижана…… .Анц1ила к1иабилеб т1адкъай . Гьал раг1аби г1урус мац1алде руссинаре:Милъиршо,векьарухъан ,х1арп,г1арац,т1агъур,щвата,раххан,хер.Анц1ила лъабабилеб т1адкъай:Гьал раг1аби маг1арул мац1алде руссинаре:измерить,из-под,каникулал,крыса,кукла,кузнец,кудри,почва,уснуть,яйцо,ястреб,ящерица. Анц1ила ункъабилеб т1адкъай . К1иябго рахъалдасан ц1алулел рагъаби ургъизе:Масала:заз,лат,т1ут1 хух ,лъелъ,хех сас……… Анц1ила щуабилеб т1адкъай . Гьал раг1абазе антонимал ургъе.Тамахаб-къвак1арб .гьуинаб,халатаб,ц1орорааб,хъах1аб,берцинай,халатаб,ц1орораб хъах1аб,ц1одорав. Анц1ила анлъабилеб т1адкъай . Предложениязул разбор гьабе.Саг1идица гьумер чурана.Ленаца т1ехь ц1алана.Шумайсат яч1ана,ц1орораб хасалихълъи бач1ана. Анц1ила анкьабилеб т1адкъай . Гьал раг1абигун предложениял ургъе ва бит1унхъаялъул бице.Бичана-биччана,лъар-лълъар,рахана-раххан,к1ал-к1к1ал. Анц1ила микьабилеб т1адкъай . Ударение лъе.Щвант1их,г1умру,г1акълу,сурат, пальто .Инсуца рагъи бана ,лъимал рагъи дие бокьич1о. Бицанк1аби лъай. 1 команда .

1..Ц1а баканиги ,к1к1уй бук1унареб?(лампочка)

2.Къасеги къадги кидаго сапаралда?(г1ор)

3.Буханаг1ан басандулеб жо?(торг1о).

4.К1иго эбел анц1го т1инч1?(кверал,килщал) 5.Г1ин кьурун мац1 къват1ибе рехулеб жо?(чирахъ) 6.Лъим кваналеб,квен гьекъолеб жо?(г1анк1у) 2 команда . 1.Бец1аб бокьоб кьарияб оц?(ц1улакьо) 2.Цо т1огърокь ункъо багьадур?(стол) 3.Т1ибит1ани т1ох ц1олеб ,бак1арани хъат ц1олеб?(гурмендо) 4.Жибго гьит1инаб,гьунар к1удияб жо?(рук1к1ен) 5.Ах1доларел х1анч1уларел,жанире чи риччаларел?(к1улал) 6.Берал г1одор цун билълъунеб жо?(гьоко) Къоло анкьабилеб т1адкъай. Хаслъул падежалда ругел предметиял ц1арал аслияб падежалда лъе. Салул(сали),гъадил,х1амил,Х1алиматил,г1урул,дадал,х1елкил. Капитаназе т1адкъай ) 1.Г ь анир кьун ругел раг1абазе г1аксаб маг1наялъул прилагательноял рате(1 минута

Гьит!инаб ч!едераб Г1емераб г1антав Багьаяб хераб Кванараб ч1ег1ераб

3-очко 2.Гь ал предметиял ц1арал аслияб падежалда лъе ва жинс бате(2 минут,4-очко) Ват1анияб тушмангун ц1вабзазул Г1алих1ажияв багьадурасул кьибилалъул къебедг1али устарасда муг1рузул г1адамасде 3.Гьал кицабазул маг1на бице(2 минут,2 очко) Гьудул нусгоги дагьав,тушман цоги г1емерав. Бекьич1еб хур бецулареб .Т1аде гьобол къот1угеги,гьабихъе нух къосунгеги. Чияр мац1алдаса ц1уне дир рокьи. 4.Кьурал раг1абигун предложениял г1уц1е. Лъар-лълъар,бац1ине-бац1ц1ине,бичана-биччана,к1ал-к1к1ал 5.К1иго гьаракь кьолел х1арпал хъвай.Авар 13 х1арп хъвай. (1 минут ,1 очко)

Къоло микьабилеб т1адкъай. Цо маг1наялъул раг1аби рате.(1 минут,2 очко) Мац1 Горду Кету Бац1 Т1ехь Хер Г1азу Ц1ер Къоло ич1абилеб т1адкъай. Г1аксаб маг1наялъул раг1аби ургъе. Гьудул Лъик1лъи Рекъел Хъах1аб Гъоркь Сон Дун Г1ебаб Баракатаб

Гьит1инаб Берцинаб Халатаб.

Лъеберабилеб т1адкъай.

Гьал раг1абазе синонимал рате. Предметиял ц1арал Агъаз- Бел- Х1аракат- Ада_ Гурх1ел- Имг1ал- Аслу- Гьалмагъ- Инсан- Адаб- Г1абдал- Лага- Багьадур- Жинс- Лъуг1ел- Прилагательноял. Макруяб- Лъик1аб- Ничаб- Аваданаб- Абадияб

Инжитаб- Азараб - Рокьукъаб- Г1айибаб- Квешаб- Кутакаб- Санаг1атаб - Т1адагьаб- Глаголал. Баг1аризе- Лъухьизе- Бесизе- Тиризе- Билизе- Г1аг1адизе- Сородизе- Т1аг1ине Лъебералда цоабилеб т1адкъай Гьал раг1абазулъ цолъул форма бате. Г1улби, хъулби, т1улби, рут1би, рукьби,л ъудби, ч1удби, улбул, умумул хулжал,лъимал, ч1ут1ул, тунчул, тунк1ал, хъурмал, г1анаби,

ч1инхал, т1ингъал, гъулби , ц1урмал, т1анчал, т1анхал. Тадбиралъул ахир:

Лъималазул лъаялъул ,бажариялъул х1асил гьабила,балал рик1к1ина,бергьаразда баркила,ругони сайгъатал кьела,цоги нухалъ маг1арул мац1алде рокьи бижинабулеб къокъаб накъит гьабила….


Дагъистаналда вугеб заманалда Лансере халат бахъараб заманаялъ гIумру гьабун вукIун вуго дир кIодоэбелалъул эбелалъул рахъалъ кIудада Хизрил Исилясул рокъов. Дир кIодоэбелалъе гьеб заманаялъ букIун буго анкьго сон. Гьелда лъикIго ракIалда чIун вуго художник.

Гьевго Лансереца ва кIодоэбелалъул имгIал МухIамад-Мирза Хизроевас тIамун йиго гьелъул эбел яс Россиялде цIализе йитIи лъикIаб хIалтIи бугин абураб пикру къабул гьабизе.

Лансереда берцин йихьун ятизе йиго гьитIинай, цIодорай яс, яги Лансереда художникасул балагьиялдалъун бихьун батизе буго гьей гьитIинай яс, дир кIодоэбелалъулъ унгояб ХIажимурадил гIамад-хасиятги кIудияб яхIги. Гьеб заманалда рукIарал согIал гIадатазухъ балагьичIого кIвана гьелда (магIарулазул тIоцеесей чIужугIадан) тохтурлъун яхъине. Гьеб гуребги, гьей росасе ана гIурусасе, гьебин абуни жакъацин къанагIалъи ккола.

ХIажимурадида хурхарал жал, нахъе цIунун хутIун кIодоэбелалъухъ рукIана гьесул чIумалги гьесул чIолорхъжоялъул бутIаги, гIарцул тIагIалабаз къачIараб. 70 абилел соназ кIодоэбелалъ гьел кьуна Толстоясул музеялъе. Дида ккола гьелъ битIун гьабунин.

Гьединав цIар рагIарав чиясул наслуялъул вукIин лъан, гIумру гьабизе кинин бугебин цIеханани, абизе ккола нижер хъизамалда ХIажимурадил культ кидаго букIинчIин. Кидаго букIана ва буго къимат гьесул цIаралдехун ва жавабчилъи гьединав чиясул наслуялдаса чилъун вукIиналъ чIезабулеб. ЗахIматаб, къваридаб заман тIаде бачIараго дида ракIалде бачIуна ХIажимурадица Лорис Меликовасда бицараб, кин гьев рекIел къвакIи гIечIого хутIарав, гьесул рахьдал вацал, ханасасул лъимал чIвалеб заманалда ва хадубккун кигIан ракI бухIунги вукIаравали, гьеб рекIел къвакIи гIечIолъиялдаса. Гьеб гIагарлъиялъ дир хIалтIудеги кинго асар гьабичIо, щайгурелъул дун, кин букIаниги, вуго Шангин. Гьеб буго дир Сибиралдаса кIудадал фамилия. Нижер хъизамалда билълъараб гьечIо щибаб бокIнилъ ахIдей, Толстосул цIар рагIараб повесталъулъ бицен гьабулев чиясул наслуялъул чагIи кколин нижилан абун. Нижер умумузул чи, ХIажимурад, машгьурлъи гIицIго гьесул жиндирго иш буго, нижеда бараб жо гьениб щибниги гьеч1о.

- Лъазе бокьилаан дур эбел-инсул ва кIудабазул хIакъалъулъ.

Дир эбел-эмен гьаруна ва гIуна Москваялда. Гьел цIалана МГУялъул биологиялъул факультеталда, гьенибго лъай-хъвайги ккана. Жеги гIолохъанго гьел ратIалъун рукIана, дие букIана 9 сон, яцалъе - 6.

Дир эмен Ген Никифорович Шангин-Березовский ккола гIелмабазул доктор ва гьединго жидецаго хъван кучIдул ахIулел чагIазда гъорлъ машгьурав чи. 60 абилел соназ радиоялдасан кьолаан гьесул кучIдул. Ген - гьеб хIикматаб цIар бугин абизе бегьула, гьеб ккола 30 абилел соназда букIараб, ургъарал цIарал кьолеб модаялда рекъон инсуда лъураб цIар. Лъаларо, гьеб цIар лъолаго инсул эбел-эмен гIелмуялъул ургъалида рукIаралищали, амма эмен вахъана генетиклъун. Дир эмен гIезегIан цудунго хвана. Эменгун ва гьесул цIияб хъизангун лъикIал гьоркьолъаби кидагоги рукIана дир, жеги ункъо бесдал яцги йиго дир ва ниж киналго цIакъ цуцалъ гъункарал руго.

Инсул рахъалъ кIудаэмен ва кIодоэбел ккола Сибиралдаса. КIудаэмен - Никифор Иванович Шангин гьавуна Алтаялда. Гьесул умумул гьенире рахъун руго Уралалдаса 17 гIасруялдаго. КIодоэбел – Зинаида Феоктистовна Березовская ккола Омск шагьаралдаса. Гьелъул умумузулъ журан руго казакалги, татаралги, къватIире ритIарал полякалги. Гьелъул фамилияги буго 1830 соналда Польшаялда букIараб ахирияб восстаниялъул гIахьалчагIаздасан бачIараб. КIодоэменги кIодоэбелги рукIана рагъулал тохтураллъун. КIудадада нижеца абулаан Никайилан, гьев вукIана тохтур-гигиенистлъун. Дида гьев ракIалда чIана гIатIидаб ракIалъул, гIамал берцинав инсанлъун. Рагъул заманаялъ кигIан фронталде витIи тIалаб гьабуниги, гьев тун вукIана санинструкторал хIадурулел курсал рачунев чилъун. КIодоэбел Зина гьел соназ йикIун йиго рагъулай тохтурлъун ва нухмалъи гьабулеб букIун буго рагъулаб госпиталалъе.

Дир эбел ккола Леонора Николаевна Москаленко, гьеб фамилия ккола гьелъул кIиабилев росасдаса щвараб. Гьелъул кIиабилев рос – Геннадий Владимирович Москаленко ккола Саратовалдаса. ГIумру ана гьесул конструкторлъун хIалтIулаго. Дицаги яцалъги къабул гьавуна Гена даци. Яцалъ гьев, гьитIинай йикIиналъ, эменлъунцин рикIкIунаан, эменилан абизеги абула.

Дир эбел, цебеккун бицухъе, ккола ХIажимурадил наслуялъул чIужу, бащдай магIарулай. Гьелъул эмен вукIана гIурусав. Эбелалъул рахъалъ инсул эмен - Белов Николай Петрович ккола Владимиралъул губерниялдаса. КIудада вукIана инженерлъун. Рагъул соназ гьев вукIана фронталда нухал, кьоял ралев чилъун. Рагъдаса хадусел соназ гьев чIола армиялдаго ва полковниклъун вахъуна.

КIодоэбел – Умма йикIана нижер хъизамалда бищун гвангъарай, киназдасаго батIияй чIужулъун. Гьей Дагъистаналдаса тIоцеесей тохтур-чIужугIадан йикIин гуребги, гьей йикIана пагьму бугей тохтурлъун. Гьелда цадахъ хIалтIараз бицаралда рекъон, цогини букIун гьечIо гьелъ унтарасе мекъи лъураб диагноз. Гьелдаго цадахъ, хIалимай, гIамал-хасият хIеренай чIужу йигониги, ккараб бакIалда гьелъул кьварараб гIамал букIана. Гьединаб мехалда гьелъ бихьизабулан унго-унгояб, ХIажимурадилаб бахIарчилъиги къвакIиги. Нужецаго хIисаб гьабеха…

1938 сон. Репрессиял. Чорокал мацIал риччан, репрессиялде ккезехъин вук1ун вуго Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул нарком Михаил Григорьевич Кумаритов. Доб заманаялъ билълъараб жо букIана цин чи доб рахъалде витIилалде, гьесдехун жамгIияб бербалагьи хвезабулеб спектаклял гьари. Гьедин, цо къоялъ радал МахIачхъалаялда тIобитIулеб бук1уна собрание ва цереккун хIадурарал чагIаз байбихьула Кумаритов какизе. Дир кIодоэбел гIенеккула гьез бицунелъухъ ва рагIиги босун Михаил Григорьевичасул хIакъалъулъ бицуна гьелдаса цересез бицун, гьесул хIакъалъулъ гIадамазул ракIазулъ лъугьараб квешаб бербалагьи тIубан хисизабулеб хIалалда. Гьелдаса хадур цогидалги гIадамаз рагIи босун Кумаритовасул рахъ ккун кIалъаял гьарула. Гьедин Кумаритов чIаго хутIула. Амма рагъул соназ гьев араб бакI лъачIого тIагIуна. Дир эбелги ячун кIодоэбел гьеб заманаялъ Дагъистан тун ине ккола.

КIодоэбел дагъистанияз кин къабул гьаюлей йик1араяли дида бичIчIана гьей хун хадуб. Дунги эбелги гьелъул аманаталда рекъон, гьей юкъизе ватIаналде йосун тIадруссана (Дагъистаналде). Дун виххун хутIана самолеталъул трапалде лъугьиндал чIегIер барал гIадамаз бацараб сверухълъи бихьидал. Гьенир, дида бичIчIанихъе, рукIана гIицIго гIагарлъи гуребги, гьей лъалел рукIарал, ниж лъаларел ва гIемер батIиял гIадамал (ахирияб нухда гьей тIойитIизе рачIарал). ТIоцеесей тохтур-чIужугIадан, дида ккола ХIажимурад чIухIилаанин жиндирго васасул ясалдаса.


"ХIажимурадги" гьесул "Нохьбикаги", Хунзахъ наибасул юбилеялда, 2016 соналъул 29 август

- Дур хъизан-лъималазда лъалищ наиб ХIажимурад нужер умумулъан чи кколевлъи?

Кин букIаниги гьеб фильм г1адамазухъе щвана интернеталдасан. Нижехъе ахIун бачIунеб букIана Питералдаса гьалмагълъиялъ къойида жаниб 15 азаргоги чи валагьулев вугин гьелъухъилан. РакIалде ккола гьеб киноялъ шагьаралда чанги сурукъаб мина бачIого теялъе гьабулеб хIалтIуе квербакъи гьабунилан.

ХIажимурадил гьитIинав вас ХIажимурадидаса бачIараб гIуруслъараб наслуялъул бицанани, гьенир гIицIго руччаби гурого гьечIого ва гьесул наслу хадубккун руччабазул рахъалъ унеб буго. Дир кIодоэбел, хадуй дир эбел, дунги дир яцги ккола ункъабилеб наслу. Дир яц Ксения, гьабсагIаталда кIиабилеб нухалда росасе ун, гIумру гьабун йиго Англиялда, Ланкашир графствоялда. Гьениб гьелъ ингилис мацI малъулеб буго мигрантазда. Россиялда гIумру гьабун руго гьелъул тIоцебесеб ригьнадаса лъимал, Михаил - тохтур ветеринар ва яс Лидия, бизнесчилъи гьабулей йигей. Дирги йиго яс – Маша. Гьей йиго халкъазда гьоркьосел контрактазул специалист. Машада лъала ункъо батIияб мацI. Гьелъулги руго кIиго яс. Дир яцалъул лъималазулги лъимал руго ясал. Гьезул цоял гIумру гьабун руго Америкаялда.

- Щибдай абилаан ХIажимурадица жиндир наслуялъул чагIи дунялалда рикь-рикьизе ругеблъи лъарабани?

- Бихьуларищха, нижер бихьиназул цо дун ва дир яцалъул вас гурого гьечIо, бокьилаан хадубккун анлъабилеб наслуялдагIаги вас гьавун, гьесда ХIажимурадин цIар лъезе.

ГIуруслъараб наслуялъул чагIи кколел руго генетикияб рахъалъ наибасул бищун цебесеб гIагараллъун. Амма нижеца гьеб чIухIи г1адин гуреб, гьесул цIаралда цебе жавабчилъи гIадин къабул гьабула.

- Мун Дагъистаналде гIемер щолищ?

- Исана ХIажимурад наибасул 200 сон тIубай гьабулеб мехалъ щвана дун гьениве. Гьелдаса цеве щун вукIана 80 абилел соназул ахиралда, кIодоэбел юкъизе. Хадуб заман ккечIо ине. Гьелдаса хадуб Кавказалда кинаб ахIвал-хIал букIарабалиги лъаларищха.

- Гьанже цодагьаб бат1ияб темаялде руссинин. Дуца дарсал кьолеб Москваялъул Архитектураялъул институталде цIализе рачIунищ дагъистаниял?

Институталда цIализе бигьа букIунаро, амма гьеб цIакъго гъира балеб иш буго. Архитекторасе щола кутакалда гIатIидаб лъай. Щайгурелъул тарихалдаса байбихьун искусствоялде, художникасул ва скульпторасул махщалиде щун, кинабго малъула. Чанги МАрхИ лъугIарал чагIи хIалтIулел руго архитектораллъун гурелги, скульптораллъун, художникаллъун, артисталлъун, кочIохъабилъун. Масала, дида цадахъ цIалулев вукIана машгьурав кочIохъан ва композитор Андрей Макаревич, вукIана гьединго драматург Михаил Бертнев.

Архитекторасда бер кIутIарабго лъазе ккола бокьулеб бугищ гьесие цебе бугеб объект яги гьечIищали. Лъазе ккола щай бокьулеб яги бокьуларебали бичIчIизабизеги.

- Дур лъай-хъвай букIанищ машгьурав архитектор, Авартеатралъулги Дагъистаналъул х1укумат жаниб ч1араб Хъах1аб Рукъалъулги проект бахъарав Геннадий Мовчанилгун?

- Геннадий Яковлевич Мовчан дида лъалаан, амма гьесулгун гьумер-бит1ун лъалеб лъай-хъвай букIанин дида абизе кIоларо. Щайгурелъул гьеб заманаялъ дун вукIана студентлъун ва дир муг1алимлъун вукIана цогидав цIар рагIарав архитектор - Степан Христофорович Сатунец. Мовчанилгун гьесул букIана цIакъ гъункараб гьудуллъи. Гьединлъидал Мовчанида дун лъалароан, амма дида гьев лъалаан лъикI.

- Дагьалъ цебегIан Москваялда лъуна чIагояв Жириновскиясе памятник. Дур хIисабалда, гьелъ инжит гьарулел гьечIищ Москва ва москваялъулал?

- ГIемерал гIаламалъаби кколел руго нилъеда сверухъ. Гьезул цо бутIа кутакалда ничалги руго. Щаялиго лъолеб гьечIо памятник Дмитрий Сергеевич Лихачевасе.

- ЦIар рагIарав ХIажимурадил кинаб хасият дуе щун батилин толеб дуца?

- ЧIухIиги цIакъго бегIераб ритIухълъи бокьиялъул хасиятги.

Никита Шангин гьавуна 1952 соналда Москваялда. 1976 соналда лъугIизабуна Москваялъул Архитектураялъул институт. Гьес гIахьаллъи гьабуна Москваялда ругел некIсиял килисабигун кIалгIаби къачIаялъулъ. Гьединго микьго соналъ нухмалъи гьабуна Большой Театр цIи гьабиялъе ургъараб проекталъе.

Нажмите, чтобы узнать подробности

Гьев гьавуна 1877 соналъул 21 августалда. Х1амзатил эмен Юсупил Мух1ама вук1ана эркенав узденчи. Гьесул бук1инч1о хъат ч1вазег1анасеб ракь, амма бук1ана 7 лъимер, гьезда гьоркьосан г1иц1го Х1амзатица лъолаан т1агъур. 7 сон гьес байдал, хола эмен. К1удияб хъизаналъул т1алаб т1аде ккарай эбелги кват1ич1ого хола. Бест1алазул т1алаб гьабула инсул вацг1алзабаз. Мух1амадсултаница Х1амзат кьуна Гиничукье мадрасаялде г1араб ц1ализе. Хисана г1емерал росаби, дибирзаби. Гьелъие г1илла Х1амзатил сатириял куч1дул рук1ана.

МБОУ "СОШ № 43"

Авар мац1алъул рагьараб дарс

Ц1адаса Х1амзат


1.Дарсиде х1адуриялъул лах1зат.

2. Раг1икъот1 ц1езаби.

3. Сураталда т1асан к1алъай гьаби.

4. Дарсил тема, мурадал, масъалаби баян гьари.

5. Литературияб диктант.

6. Цебе малъараб такрар гьаби

8. Поэмаялъухъ г1енекки.

9. Асаралъул анализ

11. Ц1адаса Х1амзатил музеялде виртуалияб сапар.

12. Ц1адаса Х1амзатил интервью.

13. Дарсил х1асил гьаби, баркалаялъул кагътал рикьи. Рокъобе т1адкъай кьей.

Презентациялгун, х1айгун, слайдалгун, халкъиял бакъналгун.

Васазе ва ясазе миллияб рет1ел.

Баг1арал ва хъах1илал карточкаби – бонусал.

Бат1и – бат1иял асараздаса багьадурал-ц1алдохъаби, гьалбал: Ц1адаса Х1амзат,рет1а-къала дандекколеб къаг1идаялъ.

Дарсил тайпа: ИКТ х1алт1изабураб г1адатияб гуреб адабияталъул дарс

Класс бец1 гьабун буго. Классалъуве лъугьуна муг1алим ва лъималазе салам кьола:

Муг1алим: Рорч1ами, лъимал!

Ц1алдохъабаз цадахъго жаваб кьола, ва авар мац1алъул х1акъалъулъ ругел мухъал ц1алула.

1 Слайд - пандуралъул бакъаналда гъоркь рагьула Хунзахъ районалъул карта

Муг1алим: Лъимал, нилъер жакъа буго г1адатияб гуреб дарс. Гьеб ине буго г1адатияб гуреб х1алалда, лъугьине руго г1адатиял гурел ишал. Жакъасеб дарсил маршрут ва тема бищизе т1амизе руго нужго. Рази ругищ?

Ц1алдохъаби: Рази руго!

2 Слайд – ч1обогояб кроссворд.

Муг1алим: Дарсил маршрут бищизе буго раг1икъот1 ц1езабиялдалъун. Гьеб бук1ине буго нилъер дарсил сапаралъулаб т1амачлъунги. Кире ва лъихъе – гьел суалазе жавабал щола раг1икъот1 ц1езабун хадуб.

Ц1алдохъаби: Нижеца х1аракат бахъила!

Муг1алим: 1 суал: Кив гьавурав Ц1адаса Х1амзат?

Ц1алдохъаби: Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ

Муг1алим: Бит1ун буго.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! 3 суал: Ц1. Х1амзатил кеч1 антиреклама?

Муг1алим: ц1акъ лъик1 буго! 4 суал: бахчараб дандекквей ккола …?

Муг1алим: 5 суал: Ц1. Х1амзат вук1ана гьурмада … бугев чи.

Муг1алим: Рищват! Х1алч1ахъад!

Муг1алим: ахирияб 7 суал: авторасул бицунеб жоялдехун бугеб бербалагьи загьир гьабулеб гъвангъараб сипатияб раг1и ккола:

Муг1алим: Бит1ун буго. Дун нужедаса рази йиго.

Слайд 3- ц1езабураб раг1икъот1.

Муг1алим: - Гьанже ц1ализе бегьула сапар кибе бухьине бугебали:

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат. Нилъ рилълъине руго Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъе.

Муг1алим: - Бит1ун буго. Лъица бицинеб лъил х1акъалъулъ нилъеца жакъасеб дарсида бицине бугеб?

Слайд 4 – Ц1адаса Х1амзатил портрет.

Муг1алим: Лъицаха нилъер гьалбазе Ц1. Х1амзатил х1акъалъулъ бицинеб?

(Портреталда т1асан к1алъай.)

Гьев гьавуна 1877 соналъул 21 августалда. Х1амзатил эмен Юсупил Мух1ама вук1ана эркенав узденчи. Гьесул бук1инч1о хъат ч1вазег1анасеб ракь, амма бук1ана 7 лъимер, гьезда гьоркьосан г1иц1го Х1амзатица лъолаан т1агъур. 7 сон гьес байдал, хола эмен. К1удияб хъизаналъул т1алаб т1аде ккарай эбелги кват1ич1ого хола. Бест1алазул т1алаб гьабула инсул вацг1алзабаз. Мух1амадсултаница Х1амзат кьуна Гиничукье мадрасаялде г1араб ц1ализе. Хисана г1емерал росаби, дибирзаби. Гьелъие г1илла Х1амзатил сатириял куч1дул рук1ана.

Гьесда бихьана мискиназда бугеб къварилъи, росдал бечедазул хъант1и, гьез махсароде кколеб халкъ.

Х1амзатил творчество байбихьанин абизе бегьула жеги мутаг1иллъуда вугеб мехалъго. 14 сон барав Х1амзат судалде кьола Г1алибег абулев бечедав

мадугьалас, цо кинабалиго т1аг1ел бикъун бугин багьанаги батун.

Гьес С. Стальскиясда (проекторалда суратал кьола) цадахъ кьуч1 лъуна т1олабго Дагъистаналъул г1аммаб советияб литератураялъе. Гьесда лъик1 лъалан г1арабазул литература. Х1амзат шаг1ир гуревги вук1ана драматург, хъвалаан критикаялъул, публицистикаялъул, литератураялъул х1акъалъулъ х1алт1аби.

Х1амзатица нахъа тана бечедаб адабияб ирс: руго гьесул маргьабиги, баснябиги, сатириял асаралги,поэмабиги,публицистикаги,таржамабиги.

Г1ужда щолеб, бег1ераб пасих1аб каламалъул устар - гьесул куч1дуздасан цо-цо мухъал халкъиял абиязде, биценазде сверана. Гьел куплетал халкъалда рек1ехъе лъала.

Слайд 5, 6- дарсил тема, масъалаби, мурадал.

Нилъер масъала: шаг1ирасул г1умруялъулгун, ширг1ияб ирсалъулгун дагьаб г1ат1идго лъай-хъвай гьаби, калам цебет1езаби, пикру бег1ери, жакъасеб къоялъулгун малъулеб асарлъул бухьен ч1езаби.

Слайд 7 –дарсил эпиграф

Муг1алим: ц1але ва к1вар кье дарсил эпиграфалде.

Ц1алдохъаби: Х1амзат, дур асараз инсан куцана,

Бец1ал г1адатал къаникьги рукъун.

Муг1алим: Баркала, нилъ жеги гьелде т1адруссина. Гьабсаг1ат нилъеца гьабизе буго литературияб диктант. Т1убалеб къаг1ида: дица ц1алулеб предложение нужеца лъуг1изабизе.

Слайд-8 –Литературияб диктант:

Ц1алдохъаби: Ц1адаса Х1амзат

2. Жиндир хасав автор вугеб асар ккола…

Ц1алдохъаби: Литературияб.
3. Инкъилаб абураб раг1иялъул синоним …

Ц1алдохъаби: революция
4. Ц1адаса Х1амзатил революциялда цересел асарал …

Ц1алдохъаби: сатираялъе.
6. Сатириял асараз къват1иб ч1вазабула…

Къокъабаз, цин-цин гьабун, ц1алула куплетал:

Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь
Кида бокьаниги, дуй пайда кьолеб.
Гьалмагълъун ккве дуца литература
Мун хисарданиги, цо х1алккун ч1олеб

Кутакалде мугъ ч1вараб
Ч1ух1араб пил бихьулищ
Лолен г1адин, ц1унц1раялъ
Ц1анбит1ун г1одоб лъураб

Жиндир хъулухъ гуреб иш
Бет1ералде босарасе
Мисалалъе гьаб раг1и
Г1унги т1ок1аб буго

Гьедиг1ан инжитго данде гьабураб
Дунялалъул боц1и бакьанго гуро

Мискинзаби гуккун, кодобе щвараб
Шагьи –параялда дун урхъуларо

Исана дидасан бегьараб зарал
Закат-сах1алдасан босеха, дибир,
Т1аде-хариялде я дунго хвела,
Ялъуни дибирлъун бат1ияв ккела!

Слайд 14 – Цере малъарал асаразул ц1аралгун.

Муг1алим: Нилъеца Х1амзатил цере малъарал асарал такрар гьаруна. Лъица бицинеб, гьел асараз нилъ сунде ах1улел ругел?

Ц1алдохъаби: Нилъго нилъерго г1амал-хасияталда т1ад х1алт1иялде.

Слайд 15- Дарсил тема

Слайд 28– Словарияб х1алт1и

Муг1алим: Тексталъулъ дандч1валел зах1матал раг1абазе баянал нужеца словаралда хъвазе бегьула.

Хьин – цебе маг1арулаз ургазда жаниб лъолеб бук1араб тамахаб хер.

Къайим – т1алаб гьабизе т1аде босарав чи.

Ц1июр – цо чанго соналъ ц1аларав к1удияв мутаг1ил.

Муг1алим: Гьанже поэмаялдаса цо-цо бут1абазухъ г1енеккизин

Муг1алим: - Бокьанищ нужее поэма? Рач1а гьанже нилъеца поэмаялда т1асан гьабизин гара-ч1вари.

Слайд -30 –Асаралъул анализ

Слайд -32- Асаралъул аслияб пикру

Ц1алдохъаби: Идея – Г1умруялъул зах1малъабазги заманалъул хис-басиязги инсан куцула.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Божула нужеда. Гьабсаг1ат х1алт1изе руго т1ехьгун. Нужеца поэмаялда сипатиял раг1аби ратизе руго: 1 группаялъ-т1оцебесеб бет1ералда эпитетал, 2 группаялъ – к1иабилеб бет1ералда матафораби, 3 группаялъ лъабабилеб бет1ералда дандекквеял.

Биччала халкъияб бакъан

Муг1алим: Ц1акъ лъик1 буго!

Х1ухьбахъиялъул лах1зат х1исабалдаги лъик1 х1алт1аралъухъги дица нуж рачине руго Ц1. Х1амзатил музеялде.

Гьесул буго юбилей –гьавуралдаса 140 сон т1убай, баркилищ?.

Слайд 33 –Ц1адаса Х1амзатил юбилей

Ц1алдохъаби: Ц1акъ бокьила!

Баккула х1ай, гьеб г1уц1ун буго суалал-тестаздасан:

Кида гьавурав Ц1. Х1амзат?

Ц1. Х1амзатил фамилия, инсул ц1ар?

Ц1адаса Х1амзатил т1оцебесеб асаралда ц1ар щиб?

Ц1. Х1амзатил т1оцебесеб т1ехь къват1ибе бахъараб заман?

Ц1.Х1амзатил кеч1 –антиреклама?

Ц1. Х1амзатица асарал хъварал адабиталъул тайпаби?

Гьодораб хабар – сипатияб калам?

Метафора –баян кье?

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Бихьулеб буго нуж лъик1 х1адурун рук1ин ва нужее шаг1ир вокьулев вук1ин! Сапаралъ рахъинин!

Слайдал 42-52 халкъияб бакъан. Ц1. Х1амзатил рукъ-музей.

Гьалбазда дандч1вай гьабула Ц1. Х1амзатица-ц1алдохъанас:

Дунни нужеда к1очон тун ватилилан вук1ана.

Ц1алдохъаби: Телищха. Нижеда мун к1очон толаро, ц1алула дур асарал.

Юбилей баркизеги бокьун буго.

Ц1алдохъаналъ Х1амзатиде гьабураб асар рик1к1уна.(Ада Асх1абова кеч1)

Х1амзат: Баркала, херав вохизавуна нужеца.

Слайд 53- Ц1адаса Х1амзатил интервью

Цее яхъуна, кодоб микрофонгун, журналистка.

Х1амзат: Гьай-гьай, разилъила.

Журналистка: Лъазе бокьилаан т1оцебесеб асаралъул х1акъалъулъ?

Х1амзат: Х1ажияс дие гьеб асар къват1ибе бахъич1ого таралъухъ кьолораб чу кьолеб бук1ана (гьанже ч1ух1араб машина г1адаб жоха). Амма кват1ун ккана: киназго, цоцазул к1алдиса босун, рик1к1унеб бук1ана гьеб. Ашбазги кват1ич1ого къазе ккана.

Журналистка: Х1амзат Мух1амаевич, бищунго рак1алда ч1араблъун кинаб сон ккараб?

Х1амзат: Дие цебего гьикъизе бокьун бук1ана нужеда. Дида раг1ана гьанже маг1арул мац1 бокьуларел лъимал ругилан. Нужеда гъорлъ ругищ гьединал?

Ц1алдохъан: Дица кьела, Х1амзат Мух1амаевич, гьеб суалалъе жаваб. Нижеца гьединазул рахъ кколаро. Амма х1аракат бахъула гьел мекъи рук1ин гьезда бич1ч1изабизе.

Х1амзат: Дун вохарав вуго дир асарал нужее рокьиялдаса. Х1алч1ахъаги нужер.

Ц1алдохъаби: Х1амзат Мух1амаевич, мунги свакан ватила. Баркала к1удияб. Нижееги т1адруссине заман щвана.

Муг1алим: Бокьанищха сапар? Сваканищ?

Муг1алим: Ахиралде щвана нилъер сапар.

Биччала проектор. Гьеб заманалда муг1алимас ц1алдохъабазул карточкабазул хал гьабула ва ц1ик1к1ун бонусал щварав вихьизавула

Дарсил х1асилал гьаризин? Вугищ к1алъазе вахъине бокьарав чи?

Ц1алдохъан: Дие поэма бокьана. Гьелъ дида Ц1адаса Х1амзатил г1умру гъваридго лъазе гьабуна.

Ц1алдохъан: Экускурсия бокьана. Нужее баркала.

Къиматал лъола, баркалаялъул кагътал рикьула.

Слайд- 70-76 - Гьалбазул малъа-хъваял

Муг1алим: Т1адруссинин дарсил эпиграфалде: Х1амзатил асарал инсан куцалел къебелъи ккола.


Дарсил мурад: 1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езабизе.

2. Ц1ияб каламалъул бут1а - рик1к1енгун лъай - хъвай гьабизе.

3. Авар халкъалъул асаразулъ ва литератураялда жаниб хъвадарухъабаз рик1к1ен кин х1алт1изабун бугебали бихьизабизе.

4. Рик1к1еналъул бит1унхъвай цебет1езабизе.

5. Лъималазул лексика ц1иял раг1абаз бечед гьаби. Авар мац1алде лъималазул рокьи бижизабизе.

Алатал: таблица, карточкаби, презентация, интерактивияб доска.

Учителасул цебераг1и:

Ассаламу г1алайкум,
Аваразул миллат – мац1,
Адаб кьоч1ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб.

Арарат мег1ер буго.

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

- Лъимал, лъалищ нужеда лъица гьал коч1ол мухъал хъваралали?

- Дие бокьун буго нужеца гьал ахирисел мухъазде к1вар кьезе. Унгоги, лъимал, нилъер пашманлъи буго авар мац1 лъаларел лъимал. Кинал маг1арулалха гьел кколел гьезда рахьдал мац1 лъалеб гьеч1они? Рач1аха, нилъеца х1аракат бахъила лъик1 авар мац1 лъазе, гьеб нилъее бокьулеб бук1ин гьалбаздаги бихьизе гьабила. Дунги йиго нужехъе яч1арай гьобол, ц1арги дида буго Гулишат Абдусаламовна. Жакъа нилъер бук1ине буго г1ажаибго лъик1аб дарс. Дица х1аракат бахъила нужеда малъизе, нужеца х1аракат бахъе малъараб босизе.

Класс х1адур гьабила дарсиде.

Учитель: Щибаб дарсида нилъеда лъала ц1ия-ц1иял раг1аби. Гьел нилъеца хъвала словаразда. Лъик1го дарсида х1алт1арал, суалазе жаваб кьурал, доскаялде рахъарал лъималазе кьезе руго ц1ваби. Дарсил ахиралда нилъеца рик1к1ина лъие чан щун бугищали, бищунго г1емер ц1ваби щваразе, бищунго лъик1 авар мац1 лъалезе дипломги кьела.

- Щибха кколеб ц1ва? (жаваб). Хъвай словаразда.

Гьанже тетрадалги рагье ва къо - моц1 хъвай.

Рач1аха цере малъарал темаби такрар гьаризе.

б) Х1алт1ана
къого
кват1ана
ц1алана

- Гьал раг1абазул кьералда цогидазда данде кколареб раг1и буго .

Нужер масъала буго гьеб раг1и батизе.

Фронталияб гьикъи:

- Щай гьеб раг1и цогидазда данде кколареб?

- Кинаб суал лъелеб нилъеца гьеб раг1иялъе?

- Щиб гьелъ бихьизабулеб бугеб?

- Кин нужеда рак1алде кколеб, лъимал, кинаб каламалъул бут1а гьеб к1иябго раг1и кколеб?

- Бит1ун буго, лъимал, гьеб к1иябго буго - рик1к1ен.

- Жакъа нилъеца бицине буго каламалъул бут1а – рик1к1еналъул х1акъалъулъ. Хъвай, лъимал, нужеца дарсил тема тетрадазда.

- Щибха кколеб рик1к1ен?

Предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бутIаялда рикIкIен абула. (Щиб бихьизабулеб рик1к1еналъ?)

РикIкIеналъе лъола чан? чанабилеб? абурал суалал. (нусго, нусабилеб)

Мисалал: к1иго – к1иабилеб, анцIго, нусго, къого.

Предметалъул къадар бихьизабулелда къадаралъул рик1к1ен абула, ирга бихьизабулеб иргадул рик1к1ен ккола. Къадаралъул рик1к1еналъе лъола чан? абураб суал, иргадул рик1к1еналъе лъола чанабилеб? абураб суал. (сверухъе балагьизарила лъимал ва гьениса мисалал абизе тела рихьизаризе)

Г1уц1иялъул рахъалъ рик1к1енал рук1уна г1адатал, журарал ва составиял: цо, к1иго, ич1нусго, лъабкъого, анц1ила щуго.

Словарияб х1алт1и.

Гьал рик1к1енал лъабго кьер гьабун хъвала: (абулаго хъвала)

Г1адатал журарал составиял.

Щуго, лъебералда лъабго, к1иазарго, къоло цо, к1инусго, лъеберго.

(цо чи доскаялде вахъина, цогидаз тетрадазда хъвала)

- Рик1к1ен нилъеда батула художествияб литератураялда ва куч1дузулъ. Батеха, лъимал, рик1к1ен т1ехьалда кьун бугеб х1алт1иялда.

Т1ехьалдасан х1алт1и т1убала: 1 х1алт1и, 55 гьумер.

(лъималаз ц1алула гьенир ругел коч1ол мухъал ва рик1к1еназе суалал лъола).

Симферополалда буго г1аммаб хоб,

Анкьго г1урусасул, цо аварасул…

Бищун гьит1инасул къого сон бугел,

Къоло щуйилъ бищун к1удияв вугел…

Анкьавго г1урус вас, г1азаб кьун, ч1вана,

Цо Г1абдулманапов хут1ана нахъе. (Р.Х1.)

(киналго рик1к1енал х1уби гьабун хъвай ва иргадулазде сверизаре)

(Учителас К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабила).

Творческияб х1алт1и. (карточкаби).

…. соналъ … июналда нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана фашистазул аскарал.

Дагъистаналдаса рагъде ана …. азарго чи.

… соналъ … маялъ нилъер халкъалъ гьеб рагъулъ баргьенлъи босана.

1945 1942 120 9 22

(проверка гьабила, цо к1иго чи т1амила ц1ализе )

Бихьулищ, лъимал, рик1к1ен лъач1онани зах1малъулеб буго нилъее тарих лъазе . Щиб кколеб тарих – гьеб ккола нилъер история. (словарь). Тарих абураб раг1ул буго к1иго маг1на: число.

- Тарихалгун мисалал гьаризе лъалищ?

Учителас доскаялда ч1вала таблица, лъималаз гьел ц1алун т1уразарила.

Учителас ц1алула т1оцебесеб мисал. Хадуб лъимал рахъинарула ц1ализе. а) анц1гоялдаса лъабго бахъани, хут1ула анкьго.

б) Ункъгоялде лъабго жубани, г1ола анц1ила ич1го.

в) Къоло цо лъабиде бикьани, щола анкьго.

Киналго мисалазе жаваблъун бач1ана анкьго абураб тарих. Нужеда гьеб тарих гьоркьоб бугеб кици лъилищ?

1-лев ц1алдохъан: Анкьц1ул борце, цин къот1е.

Бит1ун буго! Цоги рик1к1ен гьоркьоб бугел кицаби лъида лъалел?

2-лев ц1алдохъан: К1иго бет1ерги рекъон, ункъабго квералъ х1алт1е.

3-лев ц1алдохъан: К1иго балагь т1аде ккани, бигьаяб бищулеб.

Гьанже дие бокьун буго нужеда бихьизе кин попугаялъ борцунеб бук1араб борохь. Нилъ балагьила мультфильмалъухъ, амма нужее т1адкъай буго гьенир рик1к1енал ратизе.

Мультфильм. (38 попугай – маг1арул мац1алда)

Кинал рик1к1енал гьенир х1алт1изарулел ругел? ( 38, 5, 2)

Балагьун нужеда рик1к1енал ратизе к1вана, г1енеккун ратизе бажариладай. (кеч1)

100 000 сонги бан,

Цоги бай маг1арулаз.

Зобал, т1аргъал киниги,

Т1ад лъеги маг1арулаз.

1000 вас гьавеги,

Гьаб бач1анщинаб къоялъ

Щибаб росулъ маг1арухъ.

- Кинал рик1к1енал нужеда раг1арал? Х1алч1ахъад, бищунго лъик1 г1енеккун вук1ун вуго мун. Гьелъухъ дуе ц1ва кьезе бегьила.

Учитель: Рик1к1еналъул бицунаго нужеда лъазе ккола каламалъулъ рик1к1енал цогидал раг1абигун бит1ун х1алт1изаризе. Масала: рик1к1еналгун цадахъ предметияб ц1ар цолъул формаялда бук1уна.

Масала: цо вас, (яс)

нусго вас. (лъималазда гьикъила)

- Кин х1алт1изабизе кколеб предметияб ц1ар рик1к1енгун лъанищ? Амма цо-цо лъимал рук1уна щибго лъаларел. Гьебсаг1ат рак1алде щола щибго лъаларев - … (Лъавукъ). Г1акъилас кинабго гьесда малъула, амма гьес лъазабуларо. Гьале гьанжеги Г1акъилас гьесие т1адкъай кьолеб буго. Лъица ц1алилеб? Балагье, лъимал, Лъавукъил бет1ер биххун бугеб куц, гьес нилъедаса кумек гьарулеб буго. Нилъеца гьесие кумек гьабилищ?

Творческияб х1алт1и.

Класс бикьула лъабго группаялде ва х1алт1и гьабизе тола. К1иго минут заман кьола, хадуб хал гьабула. (Незнайка)

Учитель: Бищун г1емер хъван руго гьаб командаялъ, гьезие киназего кьола ц1ваби.

Нужеда лъик1 лъана, лъимал, нужедаса мисалги босун, жакъа къоялдаса нахъе Лъавукъицаги лъазе гьабила. Нужее маг1арул мац1ги бокьулеб буго, ккараб бак1алда кумекги гьабулеб буго, бицанк1абиги лъалел ратилаха нужеда.

Щиб кколеб бицанк1о?

Учителас лъималазе бицанк1о ч1вала.

Учитель: К1иго эбел, анц1го т1инч1. Щиб гьеб кколеб?

(щуго килищ – цох1о квер

Босе гьудул, босу гьаб

Щуго килищ - цох1о зар

Босе тушман, босе гьаб)

Ц1алдохъан: Квералги анц1абго килищги.

Учитель: Бит1ун буго!

Цо т1охалда гъоркь ункъго вац? (стол)

Цо чиясул щуго вас, щуясдаго хъах1аб т1агъур. (квер ва килщал)

(рац1ц1алъиялъул х1акъалъулъ гара-ч1вари).

Дарсил х1асил гьабила:

Дарсги ахиралде щолеб буго, рач1аха нилъеца рак1алде щвезабила гьаб дарсида сундул х1акъалъулъ нилъеца бицараб? Щиб нужеда лъараб?

- Кинал суалазе гьеб жаваблъун бач1унеб?

- Бищунго дарсидаса щиб нужее бокьараб?

Внеклассное мероприятие на аварском языке

Лъаларо Мух1амад цогидазул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абила

Метер маг1арул мац1 хвезе батани

Хвайги дун жакъаго жаниб рак1 кьвагьун.

Нилъеца рахьдал мац1 щибаб санайил 21 февралалъ к1одо гьабула. Гьеб къоялъ гьеб к1одо гьабиялъе г1илла лъалищха, лъимал нужеда?

1952 соналъул 21 февралалда жидерго рахьдал ма1 ц1унун къват1ире рахъарал Банглодешалъул студентазда гьоркьосан чанго студент ч1вала полицейскияз. Гьединлъидал 21 февралалъ гьеб къо к1одо гьабизе х1укму гьабуна ЮНЕСКОялъул генералияб конференциялъ 1999 соналъул 17 ноябралда.2000 абилеб соналдаса нахъе гьеб къо к1одо гьабулеб буго халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул къолъун.

Мац1- гьеб ккола бищун къуватаб т1аг1еллъун, щайин абуни гьеб рахьдал мац1 нилъехъе наслабаз наслабазухъе кьун щолеббуго.

Мац1 гьеч1они гьеч1о миллат. Нилъер халкъияв шаг1ир Мух1амад Ахмадовас г1адада гуро гьал раг1аби абурал:

Мац1 к1очараб миллат молода лъола,

Малидул г1окь кквезе чихут1уларо..

Хут1араб кинабго гьадингояб жо…

Гьардарав бет1ергьан, ц1уне авар мац1!

Нилъер вук1арав президент Мух1у Г1алиевас абухъего жиндирго мац1 лъаларев чи -гьев ккола талих1 къарав чи.

Маг1арул мац1 лъаларев чиясда лъаларо жиндирго тарихги, адабиятги, маданиятги.

Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел мац1азул цого мац1 бук1ин. Заман анаг1ан цинги гьеб мац1 бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго.Гьединан нилъер рахъдал мац1ги дагь-дагьккун т1аг1иналъе х1инкъи буго. Нилъер рахьдал мац1 буго дунялалда бищун берцинаб. Нуж кире щваниги, щиб рахъалъан нуж къисматалъ реханиги ц1уне, хириял ц1алдохъаби, нилъерго мац1 .

Дир рахьдал мац1.

Дун гьаюраб къоялъ къулун т1адегун,

Т1егьилан абуна дида эбелалъ;

Гьеб раг1и бук1ана маг1арул мац1алъ

Маг1арул ч1ужуялъ ч1ух1ун абулеб.

Дун якъараб мехалъ хахе меседан,

Дие каранзул рахь кьуна эбелалъ.

Бач1ана дихъе гьеб рахьдада цадахъ

Ди румумузул мац1,дир маг1арул мац1.

Дица гьеб мац1алда бакъул ч1оразде

Дах1аян рит1ана гьит1инал кверал.

Каранде дунги къан, инсуца дие

Гьеб мац1алъ ц1алана ц1одорал харбал.

Дие гьеб мац1алда маг1арулаца

Муг1рузул г1оразул къиса бицина,

Къабих1ав Надиршагь дир умумуца

Асир гьавурав куц дида раг1ана.

Дир муг1рул халкъалъул намусги ц1унун,

Ц1адаве к1анц1арав Гьидалъа Хочбар

Гьеб мац1алъ к1алъана ахираб нухалъ,

Ханасе ч1ег1ераб наг1анаги кьун.

Къоло щуго соналъ Дагъистан ц1унун,

Ц1ум г1адин вагъарав Шамил имамас

Маг1арул мац1алда эркенлъийилан

Ах1ана кьураби кьват1илеб х1алалъ….

Г1урхъи тун бокьула мун маг1арул мац1

Маг1арухъ г1умругун цадахъ бижараб

Гьит1инаб халкъазул къварилъабазухъ

Къойил анищазухъ ва рохелазухъ

Бидулъги маг1илъги бущун гьабураб

Бечелъана, г1уна мун, г1агараб мац1….

Нуж щалали лъазе, лъилали лъазе,

Лъазе гьабе, бабал эбелалъул мац1.

Миллатго гьеч1ейллъун хут1унгут1изе

Хвезе тоге, бабал бищун лъик1аб мац1.

Щуго имамасул, устарзабазул

Дунял х1айранлъарав Х1амзатовасул

кинидахъ ах1арабКеч1- маг1арул мац1,

Моц1рохъе бицарабМаргьа-рахьдал мац1.

Г1орц1идал кьурдулеб кьег1ерг1адинаб

Кьурда басандулеб бурут1 г1адинаб

Дандч1вала лъимал, цо-цо нижее рахьдал мац1 къвариг1ун гьеч1илан гаргадулел эбел-эмен. Гьединал умумузде гьабураб буго гьаб кеч1ги

Мегъ к1очон тараца мац1 рихараца

Нац1 базабун буго Дагъистаналда.

Иванил батула гьоркьоб бицунеб

Лъималазул дарсде яч1инч1ей эбел,

Яч1ун гаргадула директорасда

Дир гьадай яс дуца эркен гьаейин,

Гьабцо родноялъул урокалдаса

Эменги вук1анин дида абулев,

Трудно батани, те жибгойилан …….

Шаруханов : Ц1уне маг1арулал Шамилил къадру ,

къвак1араб имамас ирсалъе тараб,

Тоге къадарлъизе къвак1араб намус.

Хираб мубарикас нахъе ц1унараб.

Рагъул кор боркьараб доб Ах1ул гох1да

ах1улеб раг1ула Шамилица как.

Кор боркьараб рагъда мюридзабазул.

Кьабг1улеб раг1ула хвалчадул гьаракь.

Воре мюридзаби къуркьугейилан

къавукъана Шамил тушманасда т1ад.

Исламалъе г1оло рух1 бичейилан,

хьваг1ана имамас чарамул хвалчен.

Рогьел т1огьазда т1ад рещт1унеб буго

Шамил как ах1изе вуго къач1алев

Къуркьизе къасд гьеч1ел маг1арулазул

Г1урччинаб байрахъалъ бицунеб буго…

Маг1арулал ч1ух1ула жидерго г1алимзабаздасаги. Маданияталъул ва жамг1иял х1арактчаг1аздасаги, хасго районалъул шаг1ирзабаздасаги.

Нилъер районалдаги руго авар мац1 цебе т1езабурал ва цебе т1езабулел шаг1ирзаби. Жиндир мунагьал чурая ашидат Гъайирбекова, гьабсаг1аталдаги бищунго мац1алда т1ад х1алт1улей шаг1ир Бахумеседо Расулова.

М.Гъайирбекова

Риче росуцоял кьурарал гъуждул,

Кьалдасанги вуссун росулъ вугин мун

Кьурул сак1ал гьеч1ел санаца рук1к1ун,

Ругьунаб гьимигун валагье сверухъ

Рещт1а гьаб сидаса свери бахъизе

Дуего рокьулел росдал къват1азда

Щва гьудулзабахъе, ралагье лъалк1ал,

Лъимадул г1ужалда дуцаго тарал.

Муг1алим. Маг1арулазулги Дагъистаналъулги, талих1 буго Р.Х1амзатов, Ф.Г1алиева, Ц1.Х1амзат., Муса Мух1амадов г1адал хъвадурахъаби, дунялалда т1ад рахъин. Гьел ккола унго- унгоял маг1арул мац1ги, ц1арги, ц1ваги ц1унарал раг1ул устарзаби.

3. Р.Х1амзатовасул т1оцебе къват1ибе биччараб т1ехь.

5. муг1рузул Г1алил ахирисел раг1аби кинал рук1арал?

6. Ц1адаса Х1амзатица жулица щив вухарав?.

Къосинч1ого, хехго жугьаби абиялъул къец

Гъамас босе, СалихIат,

Саргъас босе, СаихIат.

* * * Вай, Шихали, Шихали,

Щверу, щверу – Шихали;

Щверу чIола, Шихали,

Мун чIоларо, Шихали.

* * * Сасабаз сусун цIураб

* * * Нижер СахIи – сурахIи,

Сунареб рекIел бухIи.

Вассал, ясал расандана.

* * Дие гIелмуян ГIали,

ГIарац диеян ГIумар.

ГIабас вуго гIодулев;

ГIабид вуго велъулев.

* * Рокьи ракьулъ бекьарас

Кьалул кьогIлъи кванала.

Кьал бекьун, рокьи ккураз

Рохалил лълъар гьекъола

ХАСАБ ГЬАРАКЬ ГЪОРЛЪ БУГЕЛ РАГIАБАЗДА ТIАСАН ШАРАДАБИ

Гъ -ялдасан байбихьани,

Буго ясалъул чIухIи;

Бегуниса хисун лъуни,

Ханасул цеветел дун. Гъал-лагъ.

Буго чахъдада нахъа,

Буго гIасияб балагь. Магъ – рагъ

Хъублъи ккола дир магIна.

Бихьараб къо-гIакъуба дун. Гъиз – гъин

БоцIул рагIи цIунулеб бакI.

ГIемераб лъел чвахиги дун. Гьор – гIор

БукIуна дун сумалда тIад;

Хъумур кколеб гудурги дун. ТIор – къор

ЦIакъаб рагIи бугоан дун;

Антоним дир ччоборабин. ЦIодораб – гьодораб

* * * Ризаб буго дир антоним,

Дир антоним гIебаб буго. Лъедераб – чIедераб

ГIантаб ккола дир антоним;

ХIалалабин дир антоним. ГIакъилаб – хIарамаб

* * * Мукъсанабин дир антоним,

Кьариябин дир антоним,

Бицанк1аби ч1ваялъул къец.

АхIе кечIан абидал,

АхIи кечIан кIалъалеб,

КIал гьечIеб, гьумер гьечIеб,

Гьаб щиб кIалъалеб бугеб? д а н д е р и ж и

КъунцIарулеб лол буго

– Нахъасан къедго гьечIеб,

КъватIисан хун толареб. кI а л м а цI

* * * ТIогьилаб, тIарс гIадинаб,

ТIегь бакъуде буссараб,

БетIер гIодой къулулеб,

Барсани, тIагIам цIакъал

ТIанчIазул бетIер цIураб. б а къ д е б у с с

Кьер жинца хисулареб,

Хасало гIазда гъоркьги

ГIурччинаб кьер цIунулеб

ЦIар щиб гьаб рохьил гъотIол? н а кI кI и гъ в е тI

* * КьагIрил гIужалда хъахIаб,

Хохол ригьалда чараб,

Чахъдал ригьалъ чIегIерлъун,

ЧIолеб тIагIам щиб кколеб? чI е гI е р гь о л о

Хадироялда магIарулаз абулеб цоги цIар. кьохорхо

ТIипало тIаде бараб гIадин, гьурмада лъугьунел тIанкIал? Т1унт1ра

НахдатIе тIехги щван, гьоцIоги жубан, гьабулеб дандежо? Х1алах1о

Берцинаб махI бахъине, хIарун гъансинибе балеб, гIатIалъе, чайдалъе жубалеб хер? Ташик1о

ТащикIо хIарун лъугьараб жоялда цIар? Х1енех1

ТIасан борчIараб релъанхъи? Г1аг1ади

ХIелкил кочIода цIар? Г1ег1еди

Хехлъиялъул синоним? г1едег1ел

Жинца гьоцIо гьабулареб, гьабулезда гъорлъ букIунеб жо? Пухъна

Гьаваялда, цо бакIалда чIун, хIанчIил боржанхъи? Парпади

ГIатI ххунеб алаталъул устар? Гьабигьан

Къайи баччизе санагIалъиялъе хIамида лъолеб тIагIел? Гъалдибер

БухIараб, лапараб мехалъ чIвалеб лазатаб гьури? Гьогьен

Гъорлъан сихIир, сусур гIамал? Гъванщу

КьучIго гьечIониги, гьабулеб гIайиб? Гъвел

ГьитIинабго гIунгутIи, сакъат? Гъая

МУХЪИЛЪ РАГIАБИ ХИС-ХИСУН ЛЪУН, НАКУ БЕКИЗАБУРАЛ РАГIАБИ ЖИДЕРГО БАКIАЗДА ЛЪУН, КОЧIОЛ МУХЪАЛ РУКIАЛИДЕ РАЧИЯЛЪУЛ КЪЕЦ.

РачIазул квасул хъахIал гIадал сурдул

Бахъана бихьинкету чанай кIиго.

Гьабизе жо бащад щвараб кIиялъго,

Щулияб лъугьана къватIир къотIигун. /ЦI.ХI./

* * * ГохIил каранда гIужалъ бакъ баккулеб

КартIил цер цо батана кIусун кIалтIа

Бакъул паркъолеб салам нуралде кьун,

Бегун бугоан балагьун къанщ-къанщун. /ЦI.ХI./

* * * Мискинаб рукъалъул дун

Барав рукъалда къоно,

Вас инсул къобухIарав. /ЦI.ХI./

* * * Мугъги чIван кутакалде

Бихьулищ пил чIухIараб

ГIадин цIунцIраялъ лолен,

Лъуна гIодоб битIун цIан. /ЦI.ХI./

* * ВукIинчIин шайих тамаша Хочбарги,

ГIурдул чIван ругел тIохIтIа щайдай асул?

Гурин палугьан Гьиматги гIаламат,

Кварал рухьараб гьабго кинаб хIалтIи

ВачIунев вугин бицунаго гьале

Гиькъизин цо жо Гьимат вац ворчIами

- ХIисабги гьабун, гьаб дур хIалтIиялъул

ХIайран жаваб ниж кьеларищ рукIанин. /ЦI.ХI./

Маг1наялда рекъараб цебесеб мухъ хъваялъулкъец.

* * * /____________________, ГIурул лъим цIикIкIун буго.

* * * /_____________________, БачIун тIаде щвана их.

* * * /_____________________, Харил гIархъал гьарула.

* * * /_____________________. ТIалил на боржун ана.

* * * /_____________________, ГъутIби руго берцинлъун.

* * * /_____________________. Бищун бечедаб заман.

* * * /_____________________, Хинаб ретIел ретIана.

* * * /_____________________, ТIаде баккула дерец.

* * /_____________________. Гьури ццидахун буго.

ХIажатал мухъал: 1. Бакъул хинлъиги босун,

2. МагIарда гIазу биун

3. Квачалъ гьалаг гьабураб

4. ГIазу тIаса унаго,

5. ЦIорораб хасел щведал,

6. Хасалихълъи гьеб буго

7. ГIурччинаб ретIел ретIун,

8. ТIоцебесеб тIогьоде

9. Бецун бакъвараб мехалъ.

Тадбиралъул ахиралда киналго г1ахьалчаг1аз маг1арулазул гимн ах1ила.

Читайте также: